Реферат на тему: Обычаи и адаты селения Бацада


0-9895840Реферат на тему:
«Обычаи и традиции
селения Бацада
Гунибского района
Учитель аварского языка и литературы Арацалиева М.О.
Бацадинская сош
2014 год.
00Реферат на тему:
«Обычаи и традиции
селения Бацада
Гунибского района
Учитель аварского языка и литературы Арацалиева М.О.
Бацадинская сош
2014 год.
left-10668000
Бац1ада росдал тарих.
Гъуниб районалъул Бац1ада росу рик1к1уна цох1о
Гъуниб районалда гуреб , муг1рузул Дагъистаналдаго бищун церегосел росабазул цояблъун.
Биценалда рекъон, Бац1ада росу лъугьун буго анлъго
кулиялда г1умру гьабулел г1адамал цолъун. Гьел кулал ккола:Бакъдаб, Рособ, Кветхада, Т1адмагъилъ, Кьодода,
Къамиц1ухъ. Гьел цолъиялъе г1иллалъун бук1ана
данделъун, цадахъ рахъун тушманасдаса жалго ц1уни.
Биценалда рекъон, гьанжесел Бац1ада, Щуланиб,
Куллаб, Г1унт1иб росабазда абулеб бук1ун буго
«Гуржихълъи»-ян. Гьединаб ц1ар кьеялъеги, биценалда рекъон, гьадинаб г1илла бук1ун буго:муг1рузул Дагъистан гуржиязде гьоркьобе унеб заманалда, мут1иг1 гьаризе к1оларел маг1арулал жидерго росабиги тун, гьанжесеб гьел росабазул ракьалде гочинарулел рук1ун руго,
маг1ишат, яшав гьабизе зах1матаб бак1 бук1ун. Гьелъ батила гьел росабазул мац1ги жубараб бугеб.
Мац1алда т1ад х1алт1арал г1алимзабаз ч1езабухъе
Бац1ада, Щуланиб, Куллаб,Г1унт1иб росабазул мац1азулъ
дандч1вала литературияб мац1алда ва к1иябго к1удияб
диалектазул (гьидерилгун-г1андалазул ва къаралазулгун- лъебелазул) мац1алда релълъарал г1аламатал. Буго цоги бицен «Гуржихълъи»-ян ц1ар кьеялъе:гьел росабазул г1адамаз Г1иса-аварагасул дин босун бук1анилан,
исламияб дин босизег1ан. Басриял хобазда ратун руго

хъанч т1ад бахъарал г1арцал, амма гьезда рук1ун руго г1араб мац1алъул х1арпалги, тарихалги.
Бац1ада росу цебегосеб бук1иналъе буго цоги гьадинаб х1ужжа: «Шитих» абураб бак1алда ратарал хобал
дагъистаналъул г1алимзабаз-археологаз ч1езаруна 10-аб.
г1асруялъул рук1ин. Гьез бицухъе, гьединал хобал
Дагъистаналъул ракьалда дандч1валила мазгарул
г1асруялда, амма мух1канаб сон-заман Бац1ада росу
лъугьиналъе ч1езабун гьеч1о.
Гьеч1о гьединго цогояб пикру «Бац1ада» абун росдада ц1ар лъеялъеги. Амма г1емерисезул пикруялда рекъон гьеб ц1ар бач1ун буго «бац1» раг1удаса. Гьеб ц1ар
кьеялъеги к1иго бат1ияб пикру буго:
Росдада аск1ор руго г1емерал бак1ал «бац1»
раг1уда хурхарал:»Бац1икули» (хутор волков)-кулиялда ц1ар, «Бац1ик1алт1у» (проход волков)-бак1алда ц1ар,
«Бац1илалх1и» (луг волков)-алах1алда ц1ар.
Гьединлъидал,бац1ал г1емераб бак1 х1исабалда бач1араб.
Росдал г1адамазул г1амал-хасияталда балагьун
кьураб бугин (бац1азул г1адаб г1амал бугел г1адамал рук1ун). Гьеб ч1езабизе зах1матаб иш буго гьанже заманалда, амма жакъа къоялъги дандч1вала мадугьалихъ росабазул г1адамазул аби: «Бец1 рач1унел руго, хулжал рикъун те»-ян.
Дагъистанияз Ц1оралде чабхъен гьабиялъул лъаларел чи нагагьги ватиларо. Гьелда хурхун буго цоги гьадинаб
биценги: боц1дол бихьиназул аслияб пиша бук1ун буго гьел чабхъенал гьари: мадугьалихъ ругел росаби гурел,
гьел щолел рук1ун руго Ц1оралдеги. Гьелъие нуг1лъи
гьабула гьанжеги Ц1оралда г1умру, яшав гьабулел ругел бац1адисезул наслаби…
Г1емер бечедаб буго бец1дерил тарих, амма киналъулго дагьаб заманалда бицун х1ал к1оларо. Абизе бегьула,
нагагьги гьеч1ин Дагъистаналъул тарихалда бец1
г1ахьаллъич1еб рагъулги, ракълилги лъугьа-бахъин.
Бец1 Дагъистаналдаго лъала аваданал, ихтилат-кеп бокьулел, гьалбал, гьудул-гьалмагълъи хириял, г1аданлъи
ц1ик1арал, ях1-намус ц1унулел, умумузул г1адат-г1амалги
кколел г1адамал рук1ин.
Т1аде г1олеб нижер г1елалъги ц1унизе буго бец1дерил
г1амал-хасиятги, ях1-намусги, г1аданлъиги.

Кьурабаз сверун ккураб, ссалазда жиб бижараб,
Бац1ц1адаб гьаваялъул рохьил ахада г1ураб,
Ц1ар араб районалъул тарихалда жиб бугеб,
Бац1ада-нижер ват1ан, ниж дур гьит1инаб къокъа.
Бец1дерил г1адат
Васасда абурай ясалъул рокъобе нух малъи .





Умумузул рет1ел




Кьурди