Рабочая программа по аварской литературе 5-11 класс. Составитель Асадулаева А.К.


Программаялъе баян
Художествияб адабияталъ к1удияб кумек гьабула кинабго рахъ камилав инсан куцазе, г1агараб халкъалъул рух1ияб бечелъиялъул кьуч1алда г1олилазе тарбия кьезе.
Адабияталъул курсалда хасаб бак1 ккола Ват1ан хиралъиялъул, миллатазда гьоркьоб гьудуллъи кквеялъул, дунялалъулго зах1матхалкъалъул мурадал ц1униялъул асар ц1алдохъабалъ куцаялъ.
Адабияталъул дарсаз лъимал т1амула миллатазул адаб-х1урмат гьабизе, миллатазда гьоркьоб гьудуллъи, вацлъи бищун къиматаб бечелъи х1исабалда къабул гьабизе.
V-IX классазе ц1алул материал кьун буго тарихиябгун-тематикияб ва жанразул тартибги ц1унун. Гьениб х1исабалде босула байбихьул классазда ц1алул дарсазда лъималазе щвараб хьалбихьи ва гьениб лъураб кьуч1алда г1уц1ула хадубккун литературияб ц1али.
V-IX классазда малъизе программаялда рихьизарун руго лъайгун тарбия кьеялъе лъик1ал ресал ругел, рич1ч1изе бигьаял, художествияб рахъалъ щвалде щварал халкъияб к1алзул гьунаралъул, авар адабияталъул ва вацлъиялъул миллатазул хъвадарухъабазул т1аса рищарал асарал.
Школалда малъизе т1аса рищун руго хъвадарухъанасул художествияб рахъалъ камилал, тарбия кьеялъе мустах1икъал асарал.
X-XI классазда Дагъистаналъул цогидал миллатазул литератураялдаса бищун лъик1ал раг1ул устарзабазул цо-цо асарал гъваридго малъиялъе рес кьола Дагъистаналъул халкъалъул гъунки, рух1ияб цолъи, г1ахьалаб къисмат, бат1и-бат1ияб кьералъул цогояб культура бук1ин бихьизабизе, миллатазда гьоркьоб гьуинлъи-вацлъи бищун т1адег1анаб хазиналъун лъугьин баян гьабизе. Гьел классазда малъула Дагъистаналъул литература.
Программаялда мух1канго ч1езарун руго щибаб классалда лъималазда лъазе кколел литературияб теориялдаса баянал. Асаразул анализ гьабулелъул, ц1алдохъабаз теориялъул баяназдаса г1ат1идго пайда босизе ккола.
Раг1а-ракьанде щун, адабияб лъай кьеялъул масъала т1убан бажаруларо, г1ат1идаб къаг1идаялъ класстун къват1исеб ц1али г1уц1ич1ого. Т1убазе ккола гьелъул программаги. Муг1алимасда т1адаб буго ц1алдохъабазе ц1ализе кьезе цох1о рихьизарурал гурелги, ахираб заманалъ басмаялде рахъал , критиказ реццарал ц1иял асаралги.
5 класс (68 саг1ат)
8 – калам цебет1езаби
8 – класстун къват1ибехун ц1али
№ ТемабиСаг1ат
1 Адабияталъул х1акъалъулъ авалияб баян 1
2 Халкъияб к1алзулаб гьунар9
3 Ц1.Х1амзат 5
4 Г1абасил Мух1амад 2
5 Инхоса Г1алих1ажияв 2
6 Элдарилав 1
7 Ц1. Х1амзат 2
8 Кочхюралдаса Саг1ид 2
9 Абут1алиб Гъафуров 3
10 Г1азиз Иманагъаев 2
11 Мух1амад Шамхалов 2
12 Мух1амад Сулиманов 4
13 Расул Х1амзатов 4
14 Г1абдулмажид Хачалов3
15 Фазу Г1алиева 2
16 Мух1амад Г1абдулх1алимов 3
17 Абулмуслим Жафаров2
18 Кадрия Темирбулатова 1
19 Такрар гьаби 2
Ц1алдохъабазда лъазе ккола:
- лъазарурал асаразул ва гьезул авторазул ц1арал
- лъазарурал асаразул багьадуралги ва гьел гьоркьор г1ахьаллъулел лъугьа-бахъиназул рахасги- адабияб теориялдаса баянал: худож-яб асаралъул багьадур, багьадурасул монолог, диалог, дандекквей, олицетворение, эпитет.
- адабиял маргьабаздаса халкъиял маргьабазул бат1алъи
- программаялда рек1ехъе лъазаризе рихьизарурал тексталЦ1алдохъабазухъа бажаризе ккола:
- минуталда жаниб 90-100 раг1и кколеб хехлъиялда лъазарурал текстал раг1ун, рит1ун ва чвахун ц1ализе.
- рек1ехъе лъазарурал асарал пасих1го ц1ализе.
- гьит1инаб яги к1удияб хабарияб асаралъул цо бут1а изложение х1исабалда бицине ва хъвазе.
- зах1маталъул темаялда сочинение хъвазе- асаралъул багьадурасул хасият рагьизе- хабарияб асаралъул цо кесекалъул план г1уц1изе
6 класс (68 саг1ат)
8 – калам цебет1езаби
8 – класстун къват1ибехун ц1али
№ ТемабиСаг1ат
1 Адабияталъул художествияб къаг1идаялъ г1умру бихьизаби1
2 Халкъияб к1алзул гьунар5
3 Заирбег Г1алиханов 1
4 Г1умарх1ажи Шахтаманов 3
5 Инхоса Г1алих1ажияв 2
6 Хъах1абросулъа Мах1муд 1
7 Батирай 2
8 Йирчи Гъазахъ2
9 Къуркълиса Щаза2
10 Ц1адаса Х1амзат 4
11 Заид Х1ажиев 3
12 Ражаб Динмух1амаев 4
13 Расул Х1амзатов 4
14 Фазу Г1алиева 1
15 Х1усен Х1ажиев 2
16 Мух1амад Г1абдулх1алимов 4
17 Багъатар 4
18 Эффенди Капиев3
19 Мух1амад-Султ1ан Яхьяев 2
20 Такрар гьаби2
Ц1алдохъабазда лъазе ккола:
- лъазарурал асаразул ва гьезул авторазул ц1арал
- лъазарурал адабиял терминал, багьадурасул ва т1абиг1аталъул сурат, гипербола, кидагосеб эпитет.
- программаялда рек1ехъе лъазаризе рихьизарурал тексталЦ1алдохъабазухъа бажаризе ккола:
- минуталда жаниб 100-110 раг1и кколеб хехлъиялда лъазарурал текстал рит1ун, раг1ун ва чвахун ц1ализе.
- лъазабураб асаралдаса хасал лъугьа-бахъинал рат1а рахъизе.
- лъазабулеб асаралъул багьадуразул ишазде балагьун, гьезул г1амал-хасияталъул бицине.
- лъазабулеб асаралъул тексталда жанир сипатиял раг1аби ратизе.
- художествиял, рич1ч1изе бигьаял г1елмиял текстал рит1ун, чвахун, раг1ун ц1ализе.
7 класс (68 саг1ат)
10 – калам цебет1езаби
8 – класстун къват1ибехун ц1али
№ ТемабиСаг1ат
1 Инсан ва гьесул къисмат – худож.литератураялъул аслияб тема 1
2 Халкъияб к1алзул гьунар5
3 Ц1адаса Х1амзат 4
4 Мух1амад Хуршилов5
5 Мух1амад Сулиманов4
6 Эффенди Капиев 2
7 Асадула Мух1амаев 3
8 Мух1амад Шамхалов 2
9 Расул Х1амзатов 3
10 Муса Мух1амадов 4
11 Фазу Г1алиева 4
12 Таймасханов Тажудин 1
13 Къияс Мажидов2
14 Багьавудин Митаров 1
15 Г1алирза Саг1идов 2
16 Мух1амад-Расул Расулов 1
17 Абут1алиб Гъафуров1
18 Резерв 5
Ц1алдохъабазда лъазе ккола:
- лъазарурал асаразул ва гьезул авторазул ц1арал
- лъазарурал хабариял асаразул багьадуралги гьез г1ахьаллъи гьабулел ишазул т1елги.
- лъазабураб асаралъул г1уц1иялъул хасал рахъал.
- адабиял терминал: махсара, сатира, метафора, адабияталъул тайпабиЦ1алдохъабазухъа бажаризе ккола:
- минуталда жаниб 110-120 раг1и кколеб хехлъиялда рич1ч1изе бигьаял , г1елмиял ва художествениял текстал рит1ун, дурун, раг1ун ц1ализе.
- художествиял асарал пасих1го ц1ализе.
- хабарияб асар изложение х1исабалда бицинеги хъвазеги.
- хабарияб асаралъул яги гьелъул цо бут1аялъул план бахъизе.
- ц1алдохъанасул жиндирго к1алъаялъе план г1уц1изе

8 класс (68 саг1ат)
8 – калам цебет1езаби
8 – класстун къват1ибехун ц1али
№ ТемабиСаг1ат
1 Художествияб адабият ва искусствоялъул тайпаби 1
2 Халкъияб к1алзул гьунар 5
3 Ч1ик1аса Мух1амад 1
4 Инхоса Г1алих1ажияв 3
5 Ругъжаса Эльдарилав 4
6 Бакьайч1иса Ч1анк1а 4
7 Хъах1абросулъа Мах1муд 4
8 Инхелоса Къурбан4
9 Къалухъа Мирза 1
10 Йирчи Гъазахъ1
11 Ятим Эмин2
12 Мунги Ах1мад 2
13 Ц1адаса Х1амзат 6
14 Мух1амад Хуршилов 4
15 Мух1амад Шамхалов 2
16 Анвар Аджиев 1
17 Юсуп Хаппалаев3
18 Мут1алиб Митаров 2
19 Такрар гьаби 2
Ц1алдохъабазда лъазе ккола:
- лъазарурал асаразул ва гьезул авторазул ц1арал
- лъазарурал асаразул аслиял темаби ва гьезул г1уц1иялъул хасал рахъал.
- лъазарурал хабариял асаразул багьадуралги, гьез г1ахьаллъи гьабулел лъугьа-бахъиназул рахасги.
- адабияталъул теориялдаса баянал.
- программаялда рихьизарун ругел текстал рек1ехъе лъазаризе.
Ц1алдохъабазухъа бажаризе ккола:
- минуталда жаниб 120-130 раг1и кколеб хехлъиялда лъазарурал асарал рит1ун, раг1ун ва чвахун ц1ализе.
- жиндирго к1алъаялъе план ургъизе.
- эпосиял, лирикиял, лирикиялгун эпосиял ва драмиял асарал рат1арахъизе.
- жинцаго ц1алараб асаралъе къимат кьезе, гьеб асаралъул багьадураздехун, лъугьа-бахъиназдехун лъугьараб жиндирго бербалагьи загьир гьабизе.
9 класс (68 саг1ат)
8 – калам цебет1езаби
8 – класстун къват1ибехун ц1али
№ ТемабиСаг1ат
1 50-90 соназда авар адабият1
2 Расул Х1амзатов 7
3 Г1абдулмажид Хачалов 8
4 Х1ажи Гъазимирзаев 2
5 Машидат Гъайирбеков 2
6 Фазу Г1алиева 3
7 Г1абасил Мух1амад 4
8 Г1умарх1ажи Шахтаманов 2
9 Г1арип Расулов 3
10 Багъатар 4
11 Мух1амад Ах1мадов 2
12 Хизгил Авшалумов 2
13 Нурадин Юсупов 2
14 Ах1мадхан Абу-Бакар 3
15
16 Ибрагьим Х1усейнов
Такрар гьабиЦ1алдохъабазда лъазе ккола:
- лъазарурал асаразул ва гьезул авторазул ц1арал.
- лъазарурал асаразул аслиял темаби ва гьезул г1уц1иялъул хасал рахъал- лъазарурал хабариял асаразул багьадуралги, гьез г1ахьаллъи гьабулел лъугьа-бахъиназул рахасги- адабияталъул теориялдаса баянал- программаялда рихьизарун ругел текстал рек1ехъе лъазаризеЦ1алдохъабазда бажаризе ккола:
- минуталда жаниб 130-140 раг1и кколеб хехлъиялда лъазарурал асарал рит1ун, раг1ун ва чвахун ц1ализе
- жиндирго к1алъаялъе план ургъизе- художествияб адабият г1елмиябгун публицистикияб адабияталдаса бат1а бахъизе- художествиял асарал пасих1го ц1ализе
- жинцаго ц1алараб асаралъе къимат кьезе, гьеб асаралъул багьадураздехун, лъугьа-бахъиназдехун лъугьараб жиндирго бербалагьи загьир гьабизе.
10 класс (68 саг1ат)
8 – калам цебет1езаби
6 – класстун къват1ибехун ц1али
№ ТемабиСаг1ат
1 Халкъияб к1алзул гьунар6
2 18-19 г1асруялда адабият2
3 Инхоса Г1алих1ажияв 5
4 Г1алих1ажиясул заманалъул поэтал4
5 Ч1анк1а 3
6 Мах1муд 5
7 Ч1анк1ал ва Мах1мудил заманалъул поэтал3
8 Ятим Эмин 4
9 Ятим Эминил заманалъул поэтал5
10 19 г1асруялда лъараг1азул литература 3
11 Батирай 5
12 Батирайил заманалъул поэтал2
13 Х1асан Гузунов 3
14 Къалухъа Мирза 2
15 Мирзал заманалъул поэтал1
16. такрар гьаби 1
Ц1алдохъабазда лъазе ккола:
- Дагъистаналъул литератураялда жаниб 19 г1асруялда ккарал тарихиял лъугьа-бахъиназул хаслъи батизе ва бицине.
- поэтазул асаразул хаслъи, миллияб литература цебет1езабиялъулъ гьез лъураб бут1а
- г1урус литератураялъул дарсазда малъарал литературияб теориялъул баяназдаса пайда боси- рек1ехъе лъазаризе рихьизарурал асаралЦ1алдохъабазда бажаризе ккола:
- хъвадарухъанас рихьизарулел лъугьа-бахъиназул сурат цебеч1езабизе
- художествияб хаслъиги х1исабалде босун , малъараб асаралъул анализ гьабизе- хабариял, лирикиял, драмаялъул асарал рат1а рахъизе- малъарал асаралги кьоч1ое росун, авторасул творчествоялъулги гьесул рух1ияб дунялалъулги хурхен ч1езабизе
- ц1алараб асаралъе жинца кьолеб къимат кьуч1аблъун гьарулел х1ужжаби рачине11 класс (68 саг1ат)
8 – калам цебет1езаби
5 – класстун къват1ибехун ц1али
№ ТемабиСаг1ат
1 1917-1945с. Дагъистаналъул советияб адабият3
2 Сулейман Стальский4
3 Ц1адаса Х1амзат 6
4 Заид Х1ажиев 3
5 Г1азиз Иманагъаев2
6 Эффенди Капиев2
7 Абут1алиб Гъафуров 4
8 Абулмуслим Жафаров 6
9 Расул Х1амзатов 5
10 Ах1мадхан Абу-Бакар4
11 Муса Мух1амадов 3
12 Аткъай Аджаматов 3
13 Фазу Г1алиева 3
14 Мут1алиб Митаров 2
15 Хизгил Авшалумов 2
16 Дарс - КВН 1
17 Такрар гьаби2
Ц1алдохъабазда лъазе ккола:
- Дагъистаналъул литератураялда жаниб 19 г1асруялда ккарал тарихиял лъугьа-бахъиназул хаслъи батизе ва бицине.
- поэтазул асаразул хаслъи, миллияб литература цебет1езабиялъулъ гьез лъураб бут1а
- г1урус литератураялъул дарсазда малъарал литературияб теориялъул баяназдаса пайда боси- рек1ехъе лъазаризе рихьизарурал асаралЦ1алдохъабазда бажаризе ккола:
- хъвадарухъанас рихьизарулел лъугьа-бахъиназул сурат цебеч1езабизе
- художествияб хаслъиги х1исабалде босун , малъараб асаралъул анализ гьабизе- хабариял, лирикиял, драмаялъул асарал рат1а рахъизе- малъарал асаралги кьоч1ое росун, авторасул творчествоялъулги гьесул рух1ияб дунялалъулги хурхен ч1езабизе
- ц1алараб асаралъе жинца кьолеб къимат кьуч1аблъун гьарулел х1ужжаби рачинеДля заметок
2
5
Для заметок