Г1адатаб гуреб дарс Ц1.Х1амзатГьудуллъи лъилгун кквелеб?


Ц1адаса х1амзат
«Гьудуллъи лъилгун кквелеб?»
Малъиялъул мурад: 1. Кеч1 пасих1го ц1ализе ругьун гьа-
Ри.2. Т1ехь рух1ияб бечелъи бук1ин, ва гьелъул гьудуллъи кквеялъул пайда бук1ин залдохъабазда бич1ч1изаби. 2. Х1амзатил г1акълуялда хадур гъезари, эпитетазул ва метафоразул к1вар рагьи.
Дарсил ин
Дарс байбихьила «Х1алт1ухъанасул г1умру» абураб кеч1»2-3 ц1алдохъанасда рек1ехъе рик1к1инабиялдаса. Хадуб 1-2 ц1алдохъанасда ц1ализабила.( Бит1ун , чвахун ва пасих1го ц1алиялде к1вар кьела). Хадуб гьал суалалги кьела.
1). Коч1олъ рехсараб, бищун к1удияб къварилъи щиб бук1араб х1алт1ухъабазе? ( Х1алт1и щунгут1и).
2). Х1алт1улелги геч1еб мехалъ , х1алт1ухъабазул х1ал щай дагьлъулеб? ( Х1алт1и гьеч1о- г1арац гьеч1о. Г1арац гьеч1о – квен гьеч1о). 3). Щай гьезие шагьаралда х1алт1и щолеб гьеч1еб? (Гьелго г1адин,бет1ербахъиялъе къват1ире рахъарал мискинзабазул г1емерлъиялъ).
4). Коч1олъ рехсараб мех лъаг1алил щиб заман кколеб? (Кват1араб хасалихълъи).
5).Сундалъун гьеб ч1езабизе к1олеб? (Къохьол хъабарчаялъ черхги жемун).

Ц1ияб дарс: « Гьудуллъи лъилгун кквелеб?»
-Жакъа нилъеца ц1алила Ц1адаса Х1амзатица хъвараб «Гьудуллъи лъилгун кквелеб?» абураб кеч1. Рач1аха, цин рак1алде щвезабизе Щив колев Ц1. Х1амзат? Кина-кинал куч1дул гьесул нужеда малъарал ва лъалел? (Лъималазе раг1и кьела. Гьез бицинч1ого хут1аралт1е т1аде жубан къокъ гьабун бицина, ва проекторалъул кумекалдалъун цин Ц1ада росу-ракь , хъизан-лъимамалазул,Ц1. Х1.Москваялда бат1и-бат1иял ц1ар раг1арал поэтазулгун, гьудул –гьалмагъзабигун рахъарал суратал рихьизарила).
Слайд№1
Х1амзатил художествиял асарал ккола авар адабият цебе т1еялъулъ нилъее тараб бечедаб ирс, хвел гьеч1еб хазина, халкъалъул нахърател, гьелъул къадру ва къимат борхизабулеб ч1ух1и. к1удияв шаг1ирасул ц1ар халкъалъул рек1елъа ва к1алдиса киданиги инч1о ва инеги гьеч1о.
Гьит1инго эбелги эменги хун, вук1инесев поэт инсул вацг1аласул ц1обалде ккола. Гьес гьев кьола аск1об бугеб росулъе ц1ализе. Х1амзатил мутаг1иллъи г1емерго халат бахъараб(17-18 сон),амма пайда к1удияб бук1ана, гьелъул х1асилалда Х1амзатил г1алимчи вахъана. Гьесул ц1алиялде бугеб гъира муг1алимзабазда хеккого бихьана. Мутаг1иллъиялъул заманалдаго байбихьана х1амзатица куч1дул хъвазе.
Жиндирго творчествоялъул нух шаг1ирас байбихьана мадугьалзабазул къабих1ал ишазул бицун,хварал гьабзазул бет1ергьабазул къарумлъи, бец1лъи рехсон, гьеб какун. Гьедин хъвана Ц1. Х1амзатица жиндирго т1оцебесеб кеч1 «Г1алибегил гьве».
Слайд№2
30-лел соназ шарг1ияв къадилъун вищун вуго Ц!. Х1амзат. 1935 соналъ Хунзахъ Авар театр рагьун хадуб Ц1. Х1.гьенир хъван руго пьесаби: « Хьитазул устар», « К1одоласул ригьин», «Рагъда дандч1вай», «Базалай», «Айдемир ва Умайгьанат» ва гь.ц.
Слайд №3
Рагъ байбихьун хадуб Ц1.Х1. хъизан-лъималгун вахъун уна Мах1ачхъалаялде. Х1алт1ула «Большевик газеталда». К1удияб х1алт1и гьабула Ват1анияб рагъул темабаздасан. Г1емерал асарал хъвана улкаялде бугеб рокьиялъулги, гьеб ц1унулезул бах1арчилъиялъулги, гьоркьо-гьоркьор ратулел ц1ук1абазулги х1акъалъулъ.
Слайд№4
1934 соналъ гьесие кьуна Халкъияв поэт абураб ц1ар, вищула хъвадарухъзабазул председателлъун. Гьебго соналъ уна Москвоялде съездалъе. ( Рихьизарила суратал).
1934с.хъвараб «Г1адатаб жул » абураб сатирияб кеч1 хъван хадуб, г1адамазул заралиял г1адал лъуг1улел руго. Р. Х1амзатовас « Дир Дагъистан» абураб т1ехьалда хъвалеб буго жулалъ лъухьарал г1адин лъуг1изарунин инсуца г1адамазул г1адаталин. Хлкъалъ Ц1. Х1.рик1к1унев вуго сатираялъул эменилан. «Вехьасул къиса» абураб т1охьое Сталинил премяги щолеб буго.
Ц1. Х1амзатица лъималазе хъвана г1емерал асарал, гьездасан цояб ккола аваразул г1акъилас ц1алдохъабазе хъвараб насих1ат – кеч1 «Гьудуллъи лъилгун кквелеб?» абураб.
Цебераг1и:
Т1ехь –ккола г1акълу-лъаялъул гъамас. Гьеб рагьизеги гьелдаса пайда босизеги лъарав чи вахуна г1елмуялъул борхалъуде. Гьит1инго босараб г1елму -лъаялъул т1олабго хадусеб г1умруялъ кунч1и т1аг1унаро, сунаро. Гьединлъидалин жиндирго г1исинал гьудулзабазе т1ехьалдаса кьуч1ав гьудул гьеч1олъи поэтас бич1ч1изабулеб бугеб.
Цин цебе муг1алимас пасих1го ц1алила кеч1.
Хадуб т1аса рищун 2 ц1алдохъан т1амила кеч1 ц1ализе.
Маг1на бич1ч1улареб раг1и , яги коч1ол мухъ бугищали ц1ехела. Батани, баян кьела.
Лъимал т1амила коч1олъ эпитет ва метафора батизе, цадахъго кумек гьабун эпитеталъе ва метафоралъе баян кьела. (эпитетал)
Квер г1ат1идаб т1ехь – квер г1ат1илъи-сахаватлъи, барахщич1ого жиндир бечелъи кьолеб абураб маг1на.
Т1охьол бечелъи - гьелда жаниб бугеб г1акълу – лъай.
ГЬебгиха кида бокьаниги кьолеб.
Литератураялъулгун гьудуллъи ккве.
Цох1о т1ехьалъулгун гуреб , т1олабго литератураялъулгунгьудуллъи кквезе малъулеб буго..
ГЬоц1о т1олел т1анч1и - метафора.
Найица т1ураб гьоц1о г1адин , дуе гьуинлъи - рохел кьолел асарал ц1ализе ккола.
КЪалмил х1уччал - коч1ол мухъал ; гьелги «гьекъон къеч хьоларел» - киг1ан ц1аланиги , ч1алг1унарел куч1дул ва харбал.
Бечедаб ярагъ - адабият. Художествияб раг1иги ярагъ ккола. Гьелъ куцала бах1арчиял рагъухъаби.
ГЬединлъидал Расулил куч1дузул т1ехь космонавтаз космосалде цадахъ босараб.
Рак1цояб гьалмаъ - мун барщаниги , барщулареб , ццин бахъунареб , мунгун гаргадулеб жо ккола т1ехь.
Ч1ух1аб къаву - ч1ух1араб къаву - гьебги ккола пасих1аб асар, къойил дуца ц1аланиги , ч1алг1унареб.
Т1огьол бахчаби - бат1и - бат1иял гьайбатал асарал жанир ругел библиотекаби. Киг1ан дуца пихъ (г1акълу)
босаниги , т1аг1унареб.
Кагътил мухъал – долго гьоц1о т1олел т1анчал - кьуч1ал т1анчал , гьереси гъорлъ гьеч1ел , унго - унгоял асарал рахъараб т1ехь.
3.Физминутка (х1ухьбахъи)
К1анц1е, дир торг1о, дунги к1анц1ила
Тире, тире дир торг1о, дунги тирила.
3 Суалал.
Коч1ол насих1атияб хасият сундулъа нужеда бихьулеб? (Дуца гьудуллъун ккве квер г1ат1идаб т1ехь. Гьалмагълъун ккве дуца литература).
Гьудуллъиялъул х1акъалъулъ шаг1ирасул кинал пикраби ругел? (1куплет).
Нужеда кин кколеб, лъимал, щив колев гьудул? Нужер ругелиищ гьудулзаби? ( божилъи бугев, нилъее къвариг1араб параялъ, къоялъ нилъеда аск1ов ватулев).
Нилъер поэтазул г1емерал руго гьудулзабазде гьарурал куч1дул. Мисалалъе росани: Т1елекьа Этил Г1али «Гьудуласде», Х1ажи Гъазимирзаев « Гьудуласде», Багьавудин Митаров « Гьудулзаби». Киналго гьудулзаби гурелъул рек1к1ал жал рук1унел, рик1к1ине г1емерал, ратизе дагьал. Гьединлъидал нилъеца х1аракат бахъизе ккела, гьудул унго – унгояв кквезе,ва нилъги рук1ине лъик1ал гьудулзабилъун. Гьединго гьудуллъун нилъеца тезе ккола т1ехьги, щай абуни тохьоца кьола нилъее г1акълу-лъай, гьабула малъахъвай.
Сайд №5
( Доскаялда бук1ина цо бакъвараб гъот1ол сурат, цо ч1агояб гъот1ол сурат).
а) Лъимал , щиб нужеда бихьулеб бугеб? (гъут1би).
б) Кинал гъут1би? (бакъварабги ч1агоябги).
Т1ехь ц1алани ч1агояб гъвет1 г1адин бук1ина , ц1алич1они бакъвараб гъвет1 г1адин.
« Г1елму-канлъи, жагьлу-бец1лъи».