Авар мац1алъул рагьараб дарс. Тема: Определение


Нуж щалали лъазе,Лъилали лъазе,Лъазабе,хириял,Эбел-инсул мац!Рахьдал мац1алъ диеКеч1 ц1алулелъул,Нужер к1ут1бигицин К1арчанлъулин гьелъ. Анц1ила ич1абилеб ноябрь.Тема: «Определение»Дарсил мурад:1.Определениялъул х1акъалъулъ бич1ч1и кьезе.2.Цогидал членаздаса гьеб бат1а бахъизе лъай. Дарсил ин:1.Класс дарсиде г1уц1и (интерактивияб доска,карточкаби)2.Араб дарсил ц1ех- рех гьаби.«Бит1араб дополнение»Суалал:1.Авар мац1алда чан бет1ераб член бугеб?2.Подлежащее сунда абулеб? Мисал баче.3.Сказуемое щиб кколеб? Мисал баче.4.Бит1араб дополнение сунда абулеб? Мисал баче.Рокъоб кьураб х1алт1ул хал гьаби.Х1алт1и №67 3.Ц1ияб дарс.«Определение»Рач1а, лъимал , гьаб предложение членазде биххизе.Жакъа хинаб къо бач1ана.Щиб?къощиб гьабураб?бач1анакинаб?хинаб.кида?жакъа. Членазде биххана,рач1а гьанже каламалъул бут1аби рихьизаризе.жакъанаречиехинабприлагательноекъопред.ц1.бач1анаг1.гл. Батана нилъеда нилъее къвариг1араб определение.Определение абула кинаб (в,й,л)? лъил? сундул? чан? чанабилеб? абурал суалазе жаваблъун бач1унеб предложениялъул бет1ераб гуреб членалда. Суалазухъ балагьун, определениязул рук1уна бат1и-бат1иял маг1наби.Кинаб(-й,в,л)? Абурал суалазе жаваблъун рач1унел определенияз предметалъул бат1и-бат1иял г1аламатал баян гьарула.Масала: Кутакаб гьури бахъана.Дида берцинаб х1инч1 бихьана. (ва гь.ц.) Чан?Чанабилеб(-в,й,л)? абурал суалаз бихьизабула къадар ялъуни ирга.Масала: Дун ц1алулей йиго микьабилеб классалда.Нижер классалда лъабго вас вуго.Лъил?сундул? Абурал суалазе жаваблъун рач1унел определенияз предметалъул бет1ергьанлъи, ялъуни гьеб сундаса гьабурабали баян гьабула.Масала:К1удадал ц1ороберал ратана.Дида кванил берцинаб мах1 ч1вана. Жинца баян гьабулеб бугеб предметияб ц1аралдехун определениялъул бугеб грамматикияб бухьеналде балагьун , определениял рук1уна рекъон ккаралги рекъон ккеч1елги.Рекъон ккараб определение абула жинца баян гьабулеб раг1игун жинсгун формаялъулъ рекъараб определениялда.Масала: 1.Дир мадугьалас к1удияб мина бана.2.Дида ч1ах1иял,берцинал кьураби рихьана.3.Эбелалъ т1аг1амаб квен гьабуна. Рекъон ккараллъун рук1уна прилагательноялдаса,причастиялдаса,иргадул рик1к1еналдаса ругел ва жинсияб г1аламат жиделъ бугел ц1арубак1аздаса определениял. Гьезие суалал рач1уна кинаб?чанабилеб? Рекъон ккеч1еб определение абула жинца баян гьабулеб раг1игун управлениялъулаб бухьеналдалъун цолъун бугелда.Гьелъие рач1уна суалал лъил? сундул? чан?Масала:1.Нижеца ахикь мокьрол гъут1би ч1ана.2.Манаршал роц1араб гьаракь бук1ана. 3.Аминатие Фазул куч1дул ц1акъ рокьула. Балагьилин гьанже схемаялъухъ.Определение2.СуалалКинаб(в,й,л)?лъил?сундул?чан?чанабилеб?4. БухьенРекъонккейуправление6.КаламалъулъЭпитетал3. Грамматикияб бухьеналда балагьунРекъон ккарал,рекъон ккеч1ел1. Бет1ераб гуреб член. 5. Опр.ккезе бегьула бат1и-бат1иял каламалъул бут1аби: Прилагательное, предм.ц1ар,рик1к1ен,ц1арубак1,Причастие. Лъимал,определениял рук1уна жеги предложениязулъ цойиде нахърилълъарал ва тартибалда(хадур –цере)нахърилълъарал.Гьезул х1акъалъулъ нилъеца бицине буго хадусеб дарсида.4.Дарс щула гьаби.1.Т1ехьалдасан х1алт1и№71,гьумер 40(бицун).Ц1але ва определениял рате. Гьел кинал каламалъул бут1абаздаса ккун ругелали бице. 2.Х1алт1и №72(хъвазе)Гьал раг1абиги гьоркьор ккезарун, предложениял г1уц1е ва ц1але.К1удияб,хинаб,мадугьаласул,микьабилеб,ц1алараб,вач1арав,анц1ила к1иго. 3.Гьал прилагательноязе антонимал рате.(доск.гьабизе)Бечедаб,гьуинаб,халатаб,пашманаб,лъик1аб,берцинаб,ч1ег1ераб,г1олохъанаб.Т1адехун кьурал раг1абигун предложениял ургъизе. 4.Х1ай. «Щал хехал?»Класс бикьула к1иго къокъаялде.1. «Рекъонккарал определениял». 2. «Рекъон ккеч1ел определениял».Щивав доскаялда вахъарав ц1алдохъанас жидерго определениял рищун,предложениял ургъун хъвазе ккола.Щуабилеб,ах1араб,г1арцул,Пат1иматил,т1огьилал, ракълилаб,лъабго,анц1ила щуабилеб,инсул,мокьрол. 5.Эпитетал ратизе. Алжаналда жаниб чамастакул гъвет1, Дур кьалбал ракъвараб къиямасеб къо.Ралъадалъул бакьулъ меседил гама, Мусрудулъ вукъараб ахир замана. Щайзе арав, васав, чидар росулъе,Чарал раг1абазде г1амалги гьабун? Щайзе,ле, гьекъараб загьруялъул лълъар, Гьев макручиясул мурадги гьабун. 1 6.Х1алт1и.Гьал предложениял членазде риххе. Определениялъе баян кье.Дида берцинаб рохь бихьана.Цойидасан кутакаб ц1ад базе лъугьана.К1удадаца нижее х1икматал харбал рицана.Анц1абилеб ноябралда г1азу бана.К1одол берал маг1ил ц1уна. 7.Шарадаби«И» х1арпгун бугеб мехалъ«Зах1матаб»-дир антоним.«А» х1арпгун бугеб мехалъ«Хирияб»-дир синоним.«Хъ» х1арп цебе хъванани,Зобалъул кьер буго дун.«Ц1» х1арпалъ «хъ» хисани,Нак1к1алъул кьер лъугьуна. 8. «К» х1арпалдасан байбихьулел прилагательноял хъвай.Гьелги гьоркьор ккезарун,предложениял г1уц1изеК 9.Х1алт1и.Квег1аб х1убиялда ругел предметиял ц1аразе маг1наялъул рахъалъ данде кколел раг1аби кваранаб х1убиялдаса росун предложениял г1уц1е.(предл-лъ ругел рекъон ккарал ва рекъон ккеч1ел определениязе баян кьезе).ХасалихълъиВат1анТ1илГ1акаКетуХаселРагъНижерМеседилабГ1агарабВат1аниябВехьасулКвачарабК1иго 5.Дарсил х1асил.Суалал:1.Бич1ч1анищ,лъимал, нужеда жакъасеб дарс?2.Определение щиб кколеб?3.Кинал суалазе жаваблъун бач1унеб определение?4.Определениял кинал рук1унел?Мисалал раче.(Къиматал лъей). 6. Рокъобе х1алт1и.Параграф 17, х1алт1и №74, гьумер 40-41.