Конспект урока по родной(аварской) литературе на тему:Расул Гамзатов Где песни над моею колыбелью


Дарсил тема: Расул Х1амзатов
«Эбелалъ дир кинидахъ куч1дул ах1ич1ел ани»
Дарсил мурад:1 Расул Х1амзатовасул г1умруялъул ва творчествоялъул лъай-хъвай гьаби.
2.Г1адатияб анализалдалъун эбелалде бугеб г1урхъи гьеч1еб рокьи коч1олъ загьир гьабулеб бук1ин бихьизаби.
3.Логикиял суалазул кумекалдалъун лъималазул г1акълу цебет1езаби.
4.Аллитерациялъулгун практикияб лъай-хъвай гъварид гьаби.
Дарсил алатал : Расул Х!амзатовасул суратал , дискал,т1ахьал,докладал, интерактивияб доска.
Дарсил тайпа: г1адатияб гуреб дарс.
Дарсил ин:
I.Дарсил байбихьи.Салам кьей.
–Рорч1ами хириял дир ц1алдохъаби,
Ц1ияб г1умруялде дуниял ц1азе ,Г1ун рач1унел ругел ,ч1агоял т1угьдул.
-Ассаламу г1алайкум хириял гьалбал ,Х1урмат т1адег1анал муг1алимзаби.
-Жакъа нилъер буго г1адатияб гуреб дарс .Дарсил темаги буго дунялалда ц1ар раг1арав поэт Расул Х1амзатовасул «Эбелалъ дир кинидахъ куч1дул ах1ич1ел ани»-абураб кеч1.
II.Рокъобе кьураб х1алт1ул хал гьаби. Асадула Мух1амаевасул «Маг1арулай»- абураб асаралда т1асан тестал т1орит1и.
- Гьанже лъимал цере квералги лъе берцин гьабун г1одорч1а.
-Лъица бицинеб «Щиб кьун бук1араб нужее рокъобе лъазабизе?»
-Гьанже нужее Асадула Мух1амаевасул творчествоялдасаги «Маг1арулай»- абураб асаралда т1асаги т1орит1изе руго тестал-Нужеца лъимал щибаб суалалъул номерги лъе,гьелда хадуб бит1араб жавабалъул вариантги хъвай, фамилиябиги хъвай.
1.Асадула Мух1амаев щиб районалдаса колев?
А. Хунзахъ.
Б. Г1ахьвахъ.
В. Шамил.
2. Щиб росулъ гьавурав?
А.Гьоц1алъ.
Б. Гьамущив.
В. Лъаг1илухъ.
3. Асадула Мух1амаевас хъварал асарал рихьизаре.
А. « Ашбазалде гьабураб», «Дибирги г1анхвараги»
Б. «Поэт», «Сулейманил х1акъалъулъ хабар»
В. «Чаландарил сапар», «К1удадаги васги», «Маг1арулай»
4. Сундул х1акъалъулъ бицунеб бугеб Асадула Мух1амаевасул «Маг1арулай»-абураб къисаялъулъ?
А.Рагъул соназда маг1арул цо росулъ бук1араб г1умруялъул .руччабазул бах1арчияб зах1маталъул.
Б. Революциялда цересел соназда маг1арул г1олилазул х1аракатчилъиялъул.
В. Мискинзабазул цебе бук1араб кьог1аб г1умруялъул ва язихъаб яшавалъул.
5. Асадула Мух1амаевасул «Маг1арулай» къисаялда Х1афизат кинай яслъун йихьизаюн йигей?
А. Бах1арчияй .х1инкъи-къай гьеч1ей рагъухъанлъун .
Б. Гурх1ел-рах1му гьеч1ей ,сих1ирай ,к1игьумерилай,сог1ай г1аданлъун.
В.Сабурай, къох1ехьолей,зах1мат бокьулей ,росасе ва г1адамазе хиянатлъи гьеч1ей яслъун.

6.Асадула Мух1амаевасул «Маг1арулай» къисаялдаса Х1афизатида т1ад щиб къан бук1араб?
А. Ахил бригадирлъи гьабизе.
Б. Росдал лъималазе муг1алимлъи гьабизе . В.Колхозалъул бригадирлъи гьабизе.
7.Асадула Мух1амаевасул «Маг1арулай» къисаялдаса Ах1мад щив кколев?. А.Халкъалъеги Ват1аналъеги хилиплъарав хиянатчи.
Б. К1удияб Ват1анияб рагъул г1ахьалчи ,араб бак1 лъач1ого т1аг1ун вук1арав гьев ,т1адвуссун вач1уна.
В. Дагъистаналда Совет власталъе г1оло къеркьаразул цояв.
8. Асадула Мух1амаевасул «Маг1арулай» къисаялдаса Х1афизатги Меседоги Маккикъоралъуре иналъе г1илла щиб бук1араб?
А. Макказул ханазда хадур.
Б. Ц1огьазда хадур.
В. Макказул ракалда хадур.
9. Асадула Мух1амаевасул «Маг1арулай» къисаялда « Ах1мад,гуро, Ах1мад гуро. Мах1ач буго ,Мах1ач! Гьале , гьудул ,гьале дур эмен …Ах1мад ! Гуро Мах1ач»-лъица лъида абурал раг1аби гьал колел?
А. Ах1мадица жиндирго васасда.
Б. Г1исаца жиндирго вас Ах1мадида.
В. Г1исаца жиндирго васасул васасда.
-Гьанже лъимал дица бит1араб жаваб ц1ализе буго нужеца бит1аралда хадуб жубай лъе ,мекъса хъваралда мухъ ц1ан те.Къиматалги лъе.
«5»-9-10 бит1араб жавабалъе.
«4»-7-8 бит1араб жавабалъе.
«3»-5-6 бит1араб жавабалъе.
III.Ц1ияб тема бицин –асаралда т1ад х1алт1и.
-Рач1а гьудулзаби сапар бухьизин ,Х1амзатил Расулил шиг1рабазулъе.
Шаг1ирал рук1уна даим ракьалда,
Шиг1раби хут1уна халкъалъе нахъе.
-Маг1арул халкъалъул къадруяв поэт,
Ч1ух1и т1адег1анав ,маг1арул инсан.
Такрарлъи дуй гьеч1ев Х1амзатил Расул,
Даимлъана дур ц1ар Дагъистаналъе.
-Нилъеда жакъа нилъер республикаялъул бет1ер Рамазан Г1абт1улат1иповас абулеб буго нуж т1ад руссайила маг1арул гъанситохъе ,иццухъе,ракьалде,коч1оде,кули-рукъалде.
Нужеца маг1аруллъи ц1унейила .Нужеца лъим гьекъейила маг1арул иццазул(шиша ц1ураб шагьаралъул лъим гьекъеч1ого).
Нилъер маг1арул иццул лъимлъун ,маг1арул иццул бац1ц1алъилъун,маг1арул иццул роц1илъун поэзиялда вук1ана вуго ва г1асрабаз хут1изе вуго Расул Х1амзатов.
Нилъеда к1удияб ч1ух1игун абизе к1ола нилъ Расулил ракьалдасаги ,Расулил мац1алдасаги ругилан.
а)Расул Х1амзатовасул творчество бицинабила суалаздалъун.
1Щив кколев Расул Х1амзатов?
2 Чанабилеб соналъ гьавурав7Щиб районалда ва щиб росулъ гьавурав?Лъил хъизаналда гьавурав Р. Х1амзатов?
3 Кив ц1аларав Расул Х1амзатов?
4 Расул Х1амзатовасул творчествоялда аслиял темаби щал кколел?
5.Расул Х1амзатовасул кинал асарал нужеда лъалел?
6. (т1ахьазул бицина) Расул Х1амзатовас хъвана 80 ц1ц1ик1к1ун т1ехь нилъеца гьесул т1ахьал паспорт г1адин ц1унизе ккола.
б) «Вера Васильевна» «Маша»-халкъазда гьоркьоб гьудуллъи щулалъи ва цебет1ей буго коч1ол аслияб пикру.Г1урус ч1ужуг1аданалъ маг1арулазе гьабураб рак1 бац1ц1адаб кумек. Миллатазда гьоркьоб рагъулъги х1алт1улъги т1егьан бач1араб щулияб гьудуллъи – вацлъи.
в ) « Россиялъул солдатал», «Къункъраби»-халкъазда гьоркьоб бугеб гьудуллъи –вацлъи.
Г1адамазе ват1аналъул хиралъи. Рагъухъабазул бах1арчилъи ,рух1ияб бечелъи ,тушманасдаса бергьун гурони, къун ч1езе к1унгут1и.
-Маг1арулазул ях1-намусалъул ,рух1ияб бечелъиялъул,ват1аналде гьезул бугеб рокьул к1одолъиялъул бицунеб буго. Расул Х1амзатовасул поэзиялда к1удияб бак1 ккола эбелалъул х1акъалъулъ хъварал куч1дуз .Бищун щвалде щвараб кеч1 ккола : «Эбелалъ дир кинидахъ куч1дул ах1ич1ел ани .» Расул Х1амзатовасул эбелалда ц1ар щиб бук1араб?Расул Х1амзатовас г1емер абулеб бук1ун буго Эбелалъул ахирисеб х1ухьел ц1алаго жив аск1ов вук1инч1елъул г1умруялъгожиндасаго т1аса лъугьуларин абун.Х1акъикъаталдаги р.х1 Япониялда вук1ун вуго. Расулил эбелалъги Расул вущараб кини цебе босизабунила
а )Учителасул цебераг1и:
-Дие г1умру кьурайХирияй эбел,
Дие г1акълу кьурайДарманай эбелДие мун йокьулаРакьалда бищун.
- Нилъеца эбелалъул къо кида к1одо гьабулеб?
-Эбелалъул х1акъалъулъ кинал кицаби нужеда лъалел ?(1Лъималазул щиб унтаниги цадахъ эбелалъул рак1ги унтулеб.2Эбел-инсуе гьабураб хъулухъ дуего нухде бараб т1ех.
3Эбел-инсуе кьураб къакъуба дурго нухде бан тараб заз.
4Эбел-инсул х1урмат тарав халкъалъе басралъула.)- Щибав инсанасул г1умруялда жаниб бищунго к1удияб бак1 ккола эбелалъ.--Эбелалъул х1акъалъулъ кеч1 гьабич1ев цог1аги шаг1ир, кеч1 ах1ич1ев цог1аги коч1охъан гьеч1илан абизе к1ола дида.
-Гьанже нилъ г1енеккизе руго Бакълъухъа шаг1ир Жабраг1ил Х1асановас улбузе гьабураб Дагъистаналъул артист Хирамух1амад Хирамух1амадовас рик1к1унеб « Ракьалде биччараб бичасул х1имкат»-абураб коч1охъ.
б )Словариб х1алт1и:
кини-
къосинаан-
мах1ал
даимлъив )Учителасул мисалияб ц1али.
Г )Лъималаз иргадал кеч1 ц1алила,гьеб заманалда бихьизабила диск эбелалъул х1акъалъулъ.
Д ) Баян кьовул ц1али г1уц1ила.
1.-Щиб загьир гьабулеб бугеб шаг1ирас гьаб коч1олъ?
(Эбелалде бугеб к1удияб рокьи)
2.-Эбелалъул рокьиялъ,гьелъул х1еренлъиялъ лъимал сунде куцалел ругел? (лъик1аб хьвади-ч1вадиялъе куцалел руго ,лъимадул чи лъугьинавулин)
3.-«Рик1к1ада сапаралдаги нилъеда нух къосине сунца биччаларин»-абулеб бугеб? (эбелалъ кинидахъ ах1араб кеч1алъ)
4.- Киг1ан хирияб бугеб поэтасе эбелалъ кинидахъ ах1араб кеч1?
5.-Нужеда лъалищ лъимал кинидахъ ах1улел к1уч1дул?
Е)Кинидахъ куч1дул ц1акъ бищунго цере раккана.
Кинидахъ ясалъе ах1улеб кеч1 бицинабила 3-леб классалъул ц1алдохъаналъ .(Киниги к1ибик1ила)
.-Эбелалъул х1акъалъулъ лъималазда лъалел куч1дул рицинарила.
-Кеч1 чан гьижаялъул роцода хъван бугеб ч1езабила.
-«Эбелалъул х1ат1икь буго алжаналъул к1ул»-абураб х1адис буго .Кеч1 ах1изе буго 8-леб классалъул ц1алдохъан Айшатица.(Эбелалъул квералда жаниб раг1аби хъвазе т1амила)
-Аллитерация ч1езабила.
Дие дуниял, г1умру
Г1агарлъизе бук1инч1о .Г1адан хадув холедухъХиралъизе вук1инч1о.
А.-Кеч1 чан бут1аялде бикьизе бегьилеб? (Кеч1 бикьизе бегьила лъабго бут1ялде)
Б.-Щибаб бут1а кинал раг1абаздалъун лъуг1улеб бугеб?
В.-Кинал раг1абазде к1вар кьун бугеб к1иабилеб бут1аялда?
Г.-Сундул пикру гьабулеб бугеб шаг1ирас ахираб бут1аялда? (Дуниял,г1умру,г1адан даимлъи)
Д.-Раг1аби кьун ругел тартибалъул хал гьабе.-Щайдай гьадинаб г1уц1и бугеб?
Масала: Лъабабилеб бут1а т1оцебесеблъун щайдай хъвач1еб?яги т1оц. лъаб. Щай?(гьеб тартибалда шаг1ирас жиндирго пикраби коч1олъ загьир гьариялъе г1илла ккола инсанасул г1умру ,дунял г1агараб мац1алдаса ,миллаталдаса живго гьавураб ва г1ураб ракьалдаса байбихьулин абураб маг1на)
Е.-Кинаб мац1алдалъун хъван бугеб? ( Х1икматго пасих1аб, дурусаб, чвахун рач1унел раг1абаздасан нилъеда бигьаго рак1алда ч1олеб мац1алъ хъван бугоЖ.-Коч1олъ кинал раг1аби такрарлъулел ругел?(Ц1арубак1ал чан нухалъ такрарлъулел ругел?-
З.- Глаголалъул гьеч1олъиялъул форма бате? (бук1инч1о) –чан нухалъ такрарлъулеб бугеб?
-Дунялалдеги г1умруялдеги шаг1ирасул г1ашикъаб рокьи сунца бижизабулеб бугеб ?-Шаг1ирас коч1олъ щиб загьир гьабулеб бугеб?
IYДарсил х1асилал гьари.Къиматал лъей.
-Лъил творчествоялъул жакъа нилъеца бицараб?
-Щиб кеч1 ц1алараб,ах1араб?
- Щиб кеч1 нужее бищунго бокьараб Р.Х1амзатовасул творчествоялда?
Нилъер поэзиялъулъ хисиги гьеч1еб ,хвелги гьеч1еб мех бахъаниги заман аниги бищунго аслияблъун ккола эбелалъул х1акъалъулъ кеч1.Гьанже лъимал нуж г1енекке нужее гьарулел ругел насих1атазухъ.
Y.Рокъобе х1алт1и.Р.Х1амзатовасул «Эбелалъ дир кинидахъ куч1дул ах1ич1ел ани»-абураб кеч1 рек1ехъе лъазабизе. Эбелалъул х1акъалъулъ сочинение хъвазе. Бихьули лъимал кинал берци берцинал раг1аби абулел ругел нилъер улбузул х1акъалъулъ.(Эбелалъул раг1абаздалъун бакъ бахъи) Рач1а гьанже эбелалъул х1акъалъулъ цо берци- берцинал раг1аби абилин
Х1алимай, х1еренай,х1асратай,йокьулей,хирияй,
Дирги нужеде к1удияб гьари буго улбузул х1урмат гьабе ,гьел къварид гьаруге рохизаре лъик1ал къиматазда ц1але лъик1аб хьвада- ч1вади гьабе, йохизае дунялалъул канлъи нилъее кьолей хирияй эбел.Нилъ кидаго даим улбузда цере налъулаллъун руго ,эбелго г1адин нилъее бокьизе ккола эбелалъул мац1ги .
Англиялъул Оксфордалъул университеталъул преподаватель филологиял г1елмабазул доктор Сайман Крипсица абуна «Бищунго берцинаб мац1 дунялалда маг1арул мац1 буго»
-Гьединлъидал нуж дир хириял лъимал ч1ух1изе кола маг1арулал рук1иналда ва маг1арул мац1алда к1алъазе к1олин абиялда.
Нуж щалали лъазе
Лъилали лъазеЛъазе гьабе, бабал
Эбел- инсул мац1
Миллатго гьеч1еллъун
Хут1унгут1изе
Хвезе тоге , бабал
Бищун лъик1аб мац1.