Конкурс по родной литературе Богатство моего народа


МКОУ «Тисси-Ахитлинская СОШ»
Конкурс среди учащихся 5-8 классов
«Богатство моего
народа.»

Об устном народном творчестве:
сказках, песнях, загадках,пословицах, поговорках.
Подготовила и провела: учительница родного языка и литературы МКОУ «Тисси-Ахитлинская СОШ» Абдулаева М.М.
Тисси-Ахитли 2016.
Конкурсалъул мурад: 1)цIалдохъабазул халкъияб кIалзул гьунаралъул асараздехун рокьи куцай;
2)Нилъер умумуз нилъее тараб ирс лъазе ва цIунизе кколеблъи цIалдохъабазда бичIчIи.
Конкурсалъул алатал: карточки, интерактивияб доска, слайд-презентация, суратал, некIсиял тагIелал.
-Ассаламму гIалайкум, хириял цIалдохъаби! Жакъа нилъ данделъун руго гьаб классалда жанир нилъер гIагараб авар мацIалдехун, гьелъул адабияталдехун бугеб рокьи загьир гьабизе, хас гьабун, нилъер умумуз ургъараб, гьез халтIизабураб, гьез цIунун жакъа къоялъ нилъехъе щвараб халкъияб кIалзул гьунаралъул асаразул бицине. Нилъер магIарулаз абула: кьалбаз ккола гъветI. Гьаб дунялалда нилъер берцинаб, магIнаяб гIумру букIине ккани, нилъеда нилъерго кьалбал, нилъерго тарих, нилъерго месед тIад бекьарал халкъияб кIалзул гьунаралъул асарал лъазе ккола.
Нужер щивасул лъай борцине жакъа нилъеца тIобитIулеб буго конкурс «Дир халкъалъул бечелъи»
( цIалдохъабазда конкурсалъул шартал бицина)
-ТIоцебе нилъеца фольклор такрар гьабила:
Суалал:
Сунда абулеб фольклор?
Фольклоралде жанибе щиб унеб?
Сунда абулеб маргьа? Кина-кинал гьел рукIунел?
Халкъиял кучIдузул тайпаби?
Сунда абулеб бицанкIо? Кици? Аби?
(БитIун бицаразе карточка кьела)
1 тур: Маргьабазул гьудулзаби.
Кинаб маргьаялда тушманасдаса къуркьичев гьитIинав бахIарчи ганчIиде сверарав?
Гьеб маргьаялъул аслиял героял МукIучIиханасул хур бекьулел рукIана?
«Бидухъ- би» абураб магIарулазул гIадат кинаб халкъияб къисаялда хIалтIизабураб?
Кинаб маргьаялда хIамица бацI гуккараб?
Кинаб маргьаялда рахьдал хIоринир чвердарал чагIи гIолохъанлъулел рукIарал?
Жиндирго намус месед гIадин цIунарай ясалъул хIакъалъулъ маргьа?
«ХIамаги бацIги» маргьадулъ хIамил кIуртузул цIарал?
«ГанчIил вас» маргьаялда Дагъистаналда тIад канцIарав ханасул цIар?
(битIун бицаразе карточкаби кьела)
2 тур: Халкъияб кечI (цIар ва лъица абураб)
Дида цеве вачIун чIухIарав НуцалЧIухIарал рагIаби абулев вугоМакруялда квелъ бан, хиянат кьолон,
Ханасулаб гьабун гьимгьилев вуго.
2)Чурея ле, дада, бабадаса би,
Нижеца чурунан чучалеб гьечин.
КIалъая ле, дада, нижер бабада Ниж кIалъанин абун кIалъалей гьечIин.
3)Инсул дуе щвараб щунусабго гIи
Щу-щуккун бикьила, мун гьенив тела.
Эбелалъул щвараб росда цебе хурГIарщид чIван къотIила,мун вахъиларо.
4)Нужей талихI кьеял, къорол руччаби,
Нужеца гарулеб дидаги гаре.
ТалихI кьун рохаял гIисинмусудул,
Нужеца щурулеб дидаги щуре.
5)Биххизе гьабураб къотIи букIинчIин
Къулизе биччаге чIухIараб бетIер.
КъватIул харбиеги, харилъ борхьийги Нухал къай , хазина, хисуларин дун.
6)Гьидалъ улкаялъул саламги бицун,
Дуца абе, дир вас, Нуцал-ханасда:
Авар гIурухъ гIин бан гIодоб биччараб ГIанчIаб нилъер улка эркенго теян.
7)Боржунеб жо хъвачIеб чаранкьурулъе Лъил хIилла бергьараб , гьитIинав ГIали?
Чанил малъ кIутIичIеб дир бусеналде Лъил макру бергьараб, лъикIав бахIарчи?
( битIун бицаразе карточкаби кьела)
3 тур: Кицабазул свери (битIун ккезаризе)
ГIолохъанго гьабураб цIали хIатIал свакалаВачIинеги лъай бикъи сурарабБетIер хIалтIичIони цIиябги лъайГьари рекъараб хIалихьат нусцIул холаАнцIул борце инеги лъайГьудул нусгоги дагьав цин къотIе
БахIарчи цоцIул хола ганчIида бикIараб накъищБасриябги цIуне тушман цоги гIемерав (битIун бицаразе карточкаби кьела)
4 тур: БицанкIаби чIваялъул махщалилалГьаниб зваргъ, доба зваргъ, зоб-ракьалда гьоркьоб зваргъ (жергъен)
КъватIир гъалалги гьурщун, жаний чIарай меседо (цIоросаролъ)
ТIад лъунагIан гьитIинлъулеб , тIаса босанагIан кIодолъулеб жо щиб? (гвенд)
Букъ-букъараб-гурде гуреб, гаргадулеб-гIадан гуреб.( тIехь)
Маргъалалъул къедги бан- жаниб тараб бартичу. (цабиги мацIги)
ГIундул кьурун рекъезабулеб жо. (сагIат)
КвананагIан гьарзалъулеб, гьекъанагIан гIемерлъулеб. (гIелму)
БецIаб бокьоб кьарияб оц. ( цIулакьо)
ЦIаги гуреб,бухIулеб; зазги гуреб, хIунчулеб. (мичIчI)
РукIкIен гьечIого, букъарулеб; хIубал гьечIого рукъ балеб . (нусиреч,хъанхъра)
( битIун бицаразе карточкаби кьела)
5 тур: Интерактивияб доскаялда слайд-
презентация ( суратал рихьизарун,
асаралъул цIар бицине.)ХIасил бачина – бищунго гIемер карточкаби щваразе 1,2,3 бакал рикьила, грамотаби ва гIарцулал сайгъатал кьела.
-Хириял цIалдохъаби! Фольклор ккола нилъер гIаммаб бечелъи. Гьарула нужода кIочонге нилъер магIарул халкъалъул кIалзул гьунаралъул асарал, лъазаре ва нужорго лъималазда малъизе, нилъехъе умумуз кьураб гIадин, нилъецаги кьезе цIуне!