Аттестационные тесты по аварскому языку (9-11 классы)


Авар адабияталъул аттестациял суалал.
9 класс
Суал:
Драмиял асаразул кинаб кколеб «Балагьалъул гъамас»?
Комедия;
Трагедия;
Трагикомедия;
Суал:
Авар адабияталда тIоцебе драмаялъул асаразул автор щив?
ЦI. ХIамзат;
З. ХIажиев;
М. Шамхалов;
Суал:
Пейзаж киса босараб бугеб?
«Кьерхана халатал хасалихълъиялъул къоял. ГIисинккун балеб чIамучIаб цIадалда гьоркьоб ракьалде хьвагIизе лъугьана тереталъул тамахал хъахIал гарал»
Ф.ГIалиева «Кини»;
М.МухIамадов «Манарша»;
ГI. Расулов «Хазина»;
Суал:
Эпосияб асар бате:
1. «Хочбар»;
2. «Заман щвечIищ?»;
3. «Ударник ХIасан»
Суал:
КочIолаб каламалъулъ цого гьаркьал (рагьукъал) такрарлъиялда щиб абулеб?
Ямба;
Хоррей;
Аллитерация;
Суал:
Гьаб аби кисан босараб бугеб? «МугIрузда гIазуги чIани, гIурухъ цIерги чIвани, талихI къуна»,- ян чIезе сабру тIагIун лъугьана гьев.
Р. ДинмухIамаев «Хиянатчи»;
М. МухIамадов «Манарша»;
ГI. Расулов «Хазина»;
Суал:
Авар прозаялъе кьучI лъица лъураб?
М. Хуршилов;
М. Шамхалов;
ЦI. ХIамзат;
Суал:
Авар мацIалда тIоцебесеб басмаялде бахъараб ЦIадаса ХIамзатил тIехь кинаб кколеб»?
«ЧIагоял тIугьдул»;
«ГIадатазул жул»;
«МIагIарул мискинзабазде»;
Суал:
Эпосияб асар кинаб, гьелъул автор щив?
«Вац»;
«Бакъдасел»;
«Сулахъалъ нугIлъи гьабула»;
Суал:
Фольклоралъул гьитIинал жанрабазде гьоркьобе уна:
Маргьаби;
Балладаби;
Кицаби;
Суал:
Литературияб асаралъул тема бичIчIиялде рачуна:
Развязкаялъ;
Завязкаялъ;
Сюжеталъ;
Суал:
Куплеталда жаниб архаизмаби рате:
«Щибизе вахарав борхатаб Гъунив,
ГъалбацI асирлъараб ссанда берчIвазе
ХъахIав пачаясул чукъа- фельдмаршл ЧIухIун гIодов чIараб гамачI бихьизе.»
Асирлъараб;
ХъахIав пачаясул;
Чукъа- фельдмаршал;
Суал:
Ругъжаса Элдариласул лирикияб хаслъи кинаб кколеб?
Бечедаздаги мискинзабаздаги гьоркьоб шагIирас чIвалеб рухIияб гIурхъи;
ЧIужугIаданалъул берцинлъи, напс кIодо гьаби;
МагIарул мискинзаби кIодо гьари;
Суал:
Къиса бихьизабе:
М. Хуршилов «Сулахъалъ нугIлъи гьабула»;
М. МухIамадов «Манарша»;
ГI. Расулов «Хазина»
Суал:
Роман бихьизабе:
«Кьалбаз ккола гъвет»;
«Вехьасул къиса»;
«ЦIадакьа бахчулеб дир чанил бурутI»;
Суал:
Авар адабияталда жаниб тIоцебе сатириял кучIдул лъица хъварал?
З.ХIажиев;
ЦI. ХIамзат;
ХI. Гъазимирзаев;
Суал:
Драма бихьизабе:
Р. ХIамзатов «МагIарулай»;
М. Шамхалов «Вац»;
Багьатар «Севералда бугеб дир милъиршо»;
Суал:
Автор щив кколев рихьизарун ругел асаразул: «Адам ва ХIава», «ХъахIаб сайгак», «Даргиязул ясал»?
А. Абу- Бакар;
Ф. Бахшиев;
Х. Авшалумов;
Суал:
Куплеталъул автор щив?
«Мун гьудуллъун вукIа, ракI биччан вукIа,
Гьебин чилъиялъе чара гьечIеб жо.
Дурго гIелалда гъорлъ гIаданлъи цIуне ЦIикIкIаразул адаб, воре, рехуге!»
Р. ХIамзатов;
ХI. Гъазимирзаев;
Ф. ГIалиева;
Суал:
«Севералда бугеб дир милъиршо» абураб къисаялъул автор щив?
Хазгил Авшалумов;
ГIабасил МахIамад;
Багъатар;
9 класс
Тестазул жавабалСуал № Жаваб№1 2
№2 2
№3 2
№4 1
№5 3
№6 1
№7 1
№8 2
№9 3 Хуршилов М.
№10 3
№11 3
№12 3
№13 2
№14 2
№15 1
№16 2
№17 1
№18 1
№19 1
№20 3
Авар адабияталъул аттестациял суалал.
10 класс
Суал:
«Вехьасул къиса» кинаб поэма кколеб?
Эпикияб;
Лирикияб;
Лирикагун эпос жубараб;
Суал:
Эльдариласул творчествоялда жаниб аслияб бакI кинаб темаялъ кколеб?
Кьалул кучIдуз;
Тарбия кьеялъул кучIдуз;
Рокьул кучIдуз;
Суал:
Философияб лирикаялъул тIоцевесев автор?
Р. Эльдарилав;
Кудалиса ХIасан;
Инхоса ГIалихIажияв;
4.Суал:
Лирикияб жанр бихьизабе:
Поэма;
Очерк;
МагIу;
5.Суал:
ТIоцебе аваразул литературияб мацI къачIарав рагIул устар:
МахIмуд;
И. ГIалихIажияв;
Эльдарилав;
Суал:
ГьаракIуниса ГьитIинав МухIамадил ГIусман абурав чи Сибиралдаса лъутиялъул хIакъалъулъ кечI лъица хъвараб?
ГIанхил Мариница «Зигара буго»;
Хьаргабиса МухIамадбегица «БахIарзазде»;
Сугъралъа МуртазагIалихIажияс «Сибиралдаса кагьат»;
Суал:
Метафораби рате.:
Меседил гIадал нах, гIарцул гвангвара, гIададани хвезе, хиял букIинчIо
ГIадал нах, гвангвара;
Меседил, гIарцул;
Хвезе, гIададани;
Суал:
Гьаб кочIол автор щив?
«Мун гьудуллъун вукIа, ракI биччан вукIа,
Гьебин чилъиялъе чара гьечIеб жо».
М. Гъаирбекова;
ХI. Гъазимирзаев;
Ф. ГIалиева;
Суал:
Гьадин лъица абураб?
«Хочбарил хIакъалъулъ кечI- гIажаибаб асар буго»
Л.Н.Толстой;
М.Горький;
Н. Тихонов;
Суал:
«ГIащикъаб булбул», «Халкъалде ахIи бай» абурал кучIдузул автор щив?
Къалухъа Мирза;
Къуркълиса Щаза;
Сукур Къурбан;
Суал:
«Шамилил суд» абураб кочIол автор щив?
Батырай;
Сукур Къурбан;
Мунги АхIмад;
Суал:
«Анищ» абураб кочIол автор щив?
Гъарун СагIидов;
СагIид Габиев;
ХIасан Гузунов;
Суал:
Кици кисан босараб бугеб? «ХъахIаб чодул гIадин цIар бахъун буго»
«Айдемир ва Умайгьанат»;
«МестIер»;
«Балагьалъул гъамас»;
Суал:
КочIол тема бате.
«МагIарда гIазу буго,
ГIоразда накIкI лъун буго,
Бодул къуват хун буго
Ханнлъи паччахIаб буго…»
Надир шагьасул ва гьесул боялъул;
ТIабигIаталъул сурат рагьи;
Инсанасул херлъи;
Суал:
КочIол автор щив?
« Ралъадлъун гIелму ккун, гIорлъун калам чIун,
ГIакълу- лъай малъулеб мутагIиллъи лъикI.
Бицунеб кици чIван, кколелда цIар чIван,
ЦIалуледухъ гIин бай бугеб гIакъиллъи»
ЦI. ХIамзат;
Эльдарилав;
И. ГIалихIажияв;
Суал:
Эпосияб асар бихьизабе«МугIрузул ГIали»;
«Ударник ХIасан»;
«Муллаби»;
Суал:
ЦI. ХIамзатица критикияб макъала лъил хIакъалъулъ хъвараб?
МахIмудил;
ЧIанкIал;
И. ГIалихIажиясул;
Суал:
И. ГIалихIажиясул «Хъах аб рас бакки» абураб кечI лирикаялъул кинаб тайпаялде гъорлъе унеб?
1.Рокьул;
2. Философияб;
3. Пейзажияб;
19. Суал:
Аваразул классикияб поэзия лъица байбихьараб?
БакьайчIиса ЧIанкIа;
И. ГIалихIажияв;
Ругъжаса Эльдарилав;
20. Суал:
ХIХ гIасруялъул ахиралда чIужугIаданалъул напс кIодо гьабиялъул темаялда лъица кучIдул хъварал?
Батырай;
ЧIанкIа;
Йирчи Гъазахъ;
21.Суал:
КочIол роцен чIезабе.
«Дир рекIел ургъалил гъугъалеб гьаракь,
Пирилъун кьвагьдола рукьбазда жаниб»
7 гь;
11 гь;
10 гь;
10 класс
Тестазул жавабалСуал № Жаваб№1 3
№2 3
№3 2
№4 3
№5 2
№6 3
№7 2
№8 2
№9 1
№10 1
№11 3
№12 2
№13 1
№14 3
№15 3
№16 1
№17 1
№18 2
№19 2
№20 2
№21 2
Авар адабияталъул аттестациял суалал .11классСуал:
Граждан рагъалъул темаялда хъвараб асар бихьизабе:
М.Хуршилов «Сулахъалъ нугIлъи гьабула»;
М.МухIамадов «Манарша»;
М.Саидов «Наборщик»;
Суал:
М. Горькияс лъида абураб «ХХ гIасруялъул Гомер»- илан?
1. ЦI. ХIамзат;
2. А. Гъапуров;
3. С. Стальский;
3. Суал:
А. Аджаматовасул «РитIучIил лълъурдул» абураб поэмаялъул аслияб
тема?
Рагъул тема;
Халкъазда гьоркьоб гьудуллъиялъул тема;
Рокьул тема;
4.Суал:
Гьаб эпиграф кинаб тIехьалъе босун бугеб?
«МацI лъачIого, кечI гьаби, лъим лъачIого, гIурулъе лъугьин буго»
«Дир ракI мугIрузда буго»;
«ГIандадерил хIор»;
«Дир Дагъистан»;
5.Суал:I
Дагъистаналъул кинал шагIирзабаз хъвалеб букIараб лъималазе
маргьаби?
С.Стальский;
ХI. ЦIадаса;
А. Гъапуров;
Суал:
Граждан рагъалъул темаялъул асар бихьизабе:
ГI. Фатахов «Ударник ХIасан»;
Р. ДинмухIамаев «Хьабчилъ бахIарзал»;
Гъ. ГIали «ХъахIаб канлъи ва багIараб канлъи»;
Суал:
Автор щив кколев гьал асаразул «Кьолбол мугьру», «ЛъагIалил свери», «Борхалъи»?
Муса МухIамадов;
Заид ХIажиев;
Фазу ГIалиева;
Суал:
Р. ХIамзатовасул кинаб кочIол куплет кколеб хадуб рехсараб? «Жиндирабго кIочон, чияраб лъарав.
Лъай бугев чи гуро, щив вукIаниги.
Хварал мацIал руго чIаго гьарулел
Нилъеца чIагояб чIвалеб буго гьаб»
«Васият»
«Инсулгун ккараб гара- чвари»;
«КечIали щиб гурин, щибаб рагIиги»;
Суал:
Кинаб гIасруялде гьоркьобе унеб «Парту ПатIима» абураб кечI?
ХIV гIасру;
ХVII гIасру;
ХIХ гIасру;
Суал :Р. ХIамзатовасул кинаб тIехьалда абизе бажарулареб я кьисайилан, я романилан, я ракIалде щвезабийилан?
1. «Руччабазул чIинкIиллъи»;
2. «Ахирисеб багьа»;
3. «Дир Дагъистан»;
11.Суал:
Ирониялъул къагIидаялда хъвараб асар бате:
«Эбел ва яс»;
«Сибирь къотIун»;
«ГIисинил гьвел кечI»;
Суал:
Гьаб кочIолъ метафораби рате:
«Гьадинан букIаго, кинан бегьилеб,
ЦохIо канлъиялде ахIизе сарин?
Лъица хуриб бугеб сусур бетIулеб,
Лъица рекIелъ къараб рукIкIен бахъилеб?
Сарин;
РукIкIен;
Сусур;
Суал:
ЦIар рагIарав лъималазул хъвадарухъан:
Ю. Хаппалаев;
Р. Рашидов;
М. Митаров ;Суал :Кинаб асаралдаса босараб гьаб портрет?
«КIодобаба йикIана гьитIинай, хIалакъккарай, узданай ва, ясикIо гIадин, берцинай гIадан. ТIеренал рукIкIалабаз мухъал рахъараб гьумер кидаго гьимулеб букIунаан, роцIарал беразулъин абуни букIана хинлъи ва недегьлъи»
Ф. Бахшиев «Минаялда тIад бомба»;
Ф. ГIалиева «Кини»;
ГI. Расулов «Хазина»;
Суал:
Аткай Аджаматовасул «РитIучIил лълъурдул» абураб поэмалъул аслияб тема щиб?
Рагъул тема;
Халкъалда гьоркьоб гьудуллъиялъул тема;
Рокьул тема;
Суал:
Расул ХIамзатовас кинаб поэма байбихьулеб бугеб ХъахIабросулъа МахIмудил цIаралдасан?
«МагIарулай»;
«Дир ракI мугIрузда буго»;
«Руччабазул чIинкIиллъи»;
Суал :Лирикияб жанр бихьизабе:
МагIу;
Очерк;
Поэма;
Суал:
ГI. Хачаловасул «Хваразул цIаралдасан» абураб поэмалъул аслияб пикру загьир гьабе:
Рагъалдаса рекъел лъикI;
Рагъда хварал киданиги кIочене бугьуларо;
Халкъалъул тарих лъазе ккола;
Суал:
ТIоцебе аваразул литературияб мацI къачIарав рагIул устар:
Ругъжаса Эльдарилав;
Инхоса ГIалихIажияв;
ХъахIабросулъа МахIмуд;
Суал:
Дагъистаналъул хъвадарухъабазул тIецебесеб съезд кида букIараб?
1928 соналъ;
1934 соналъ;
1954 соналъ;
Суал:
МутIалиб Митаровас кинаб поэмаялда бицунеб бугеб КIудияб ВатIанияб рагъул хIакъалъулъ?
« Бавтугъай»;
«Сулахъалъул бакъ»;
«Чагуралъул къиса»;
Суал:
Кинаб жанралде унеб М. Митаровасул поэма «Чагуралъул къиса»?
Лирикияб;
Лиро- эпикияб;
Эпикияб;
Суал:
Расул ХIамзатовасул кинаб тIехьалдасан бахъараб кино?
«ТIадегIанал цIваби»;
«ЦIуне улбул»;
«МагIарулай»;

11 класс
Тестазул жавабалСуал № Жаваб№1 1
№2 2
№3 2
№4 3
№5 2
№6 2
№7 3
№8 3
№9 2
№10 3
№11 3
№12 2,3
№13 2
№14 1
№15 2
№16 1
№17 1
№18 2
№19 2
№20 2
№21 3
№22 2
№23 3