Доклад приуроченный к годовщине Расула Гамзатова такрарлъи гьеч1еб гьаракь


Такрарлъи гьечIеб гьунар


Ана. Хвана шагIир, къанщана берал,
Ана тIокIалъ нахъе вуссунарелъув,
Амма киназулго ракIазулъ даим,
Гьев чIаго вукIина ругебгIан мехалъ.
КIоченаро шагIир, гьесул бечелъи Гьес ирс гьабун тараб лъабго хазина,
Гьесул лъабго дунял кучIдулъ ахIараб,
Гьесул лъабго дунял гъуждуз баччараб,
Эбелалде рокьи- кьалбал щулияб,
ВатIаналде урхъи-г!урхъиго гьечIеб,
Ва чIухIун ахIараб мун дир ЦIадайин,
ЦIар берцинаб ватIан ДагъистаниланЦогиги хазина дов шагIирасул.
Аманатлъун тараб нахъ хутIаразе,
Рокьи, чIужугIадан,гьелъул гьайбатлъи ЦIунеян гьарана абадиялъгоРокьуй, эбелалъе, Дагъистаналъе,
ХилиплъичIо шагIир къаникь инегIан,
Гьеб букIана ах!и магIаруласулАхирияб хIухьел жинца цIазегIан. Автор: Алиева З.Т.
Поэт-гьев ккола рагъухъан, амма гьесул ярагъ рагIи ккола. Гьеб яргъидалъун Расулица цIунана жиндирго ватIанги, халкъги, дунялги. Жиндирго кучIдузулъ хъван рагIизабуна шагIирас гьавураб ва лъимерлъи жиндир жаниб араб гьитIинаб ватIан-ЦIада, ва кIудияб ватIан-Дагъистан Россиялдаги гьелъул гIорхъаби рахун къватIибехунги.
Унго-унгояв хъвадарухъанас гIумру гьабула жиндирго халкъалъул гIумруялде гъорлъеги восун, гьедин ана гIумру Расул ХIамзатовасулги.
ВатIан букIана шагIирасул бищун кIудияб рокьи, гьесул шигIрабазул балъголъи, байбихьи ва ахир, гIумруялъул магIнаги гъварилъиги, рохелги пашманлъиги.
Бице, эбел ВатIан, бице Дагъистан,
Мун разияб бугищ дур васасдаса?
МустахIикъав вугищ дун дур цIаралъеЦIадулъ парпадулел дур байрахъазе?
Бице, эбел ВатIан, бице Дагъистан,
Дилъ эбелалъ лъураб ракI хутIун бугищ?
Хирияб магIарул гIамал-хасият,
Нуха бортичIого дилъ батарабищ?
Дий щибго кIваричIо, гIагараб тIалъи,
Дуца лъураб тIагъур буго дида тIад,
Гьобол хисуларо тIадмагIарулас,
ТIадегIанаб улка кинан хисулеб?
Гьединал суалазе жавабал кьолаго, тIолабго дунялалда рагIана Расул ХIамзатовасул такрарлъи гьечIеб гьаракь/
Щибаб халкъалъулги, гьеб халкъ чIухIарав шагIирасулги поэзия-гьеб ккола гьеб халкъалъул рухIги, яхIги, тIадегIанлъиги, кIодолъиги, гъварилъи-гIатIилъиги борцунеб роценлъун.
Дагъистанги дагъистаниялги, магIарухълъиги магIарулалги кIодо гьарулеб гуреб хIухьел Расулица угьичIо. Гьес щибго хIинкъичIого абуна жив Дагъистан цIунун тараб гьве вугиланцин. Гьедин абизе гьесул ихтиярги букIана, щай гурелъул гьес рагьана дунялалъе Дагъистан, гIатIид гьаруна гьелъул гIорхъаби, гIаламалдаго лъазаруна гьелъул ракIги гIакълуги.
Расул ХIамзатов нилъее хирияв вуго кинабго рахъалъ, амма, тIоцебесеб иргаялда, гьесул поэзиялъул кIодолъиялъул ва кIудияб гIумруялъул борхалъиялъул рахъалъРасул ХIамзатовасул хвезе рес гьечIеб магIарул мацIалда хъвараб поэзилъул хIикмат нилъеда цадахъ хутIула, гьесул шигIраби руго кидаго рекIелъ бугеб байрам.
Пикрабиги хIасратги цолъараб Дагъистаналъул унти-ХIамзатовасул унти.
Гьел гIисинал рагIаби гуро –гьеб буго киназдаго лъалеб ритIухълъи.
Дагъистаналдеги, эбеладеги, чIужугIаданалдеги бугеб рокьул цIураб поэзиялъул улкаялъул къирал гIадин даимлъиялъул тахиде вахана Расул. ШагIир вичIчIизе ккани, бичIчIизе ккола гьесул рекIел мацI, гьесул пикрабазул мацI, бичIчIизе ккола гьесул рагIабазулъ магIданлъун бахчараб магIна. Расул ХIамзатовас хIалихьалъиялде данде вагъизе цIакъ цебего байбихьана, цогидал шагIирзабазда кIалъазе кIолареб мехалъ, гьесул кочIолъ цIалана цIогьалги, мацIихъабиги, хъамалчагIиги, хIалихьатаб къавмги, къарнуялъул нухдаго рухана.
ГIумру ахIмакълъанагIан, гIадамал хисанагIан, хаселал цIикIкIанагIан нилъеде гIагарлъула Расулил поэзия. Гьелъ рекIее бигьалъи кьола, гIаданлъиялъе сабру кьола, гIадан гIаданлъун хутIизе ритIухъаб, тIокIаб тIадегIанаб рагIул борхалъиялде рачуна.
Гьеб борхалъуде рачунеб нухда хадур рачIунезухъе кверги кьун, кьурабаздасаги мугIруздасаги чIухIун, магIарулаллъун ратиялдасаги рохун, хвел гьечIеб рокьи миллаталъеги халкъалъеги кьезе, дунялалъул берцинлъиялъул къимат гьабизе, къадараб нахъегIаналдаса рикIкIалъизе, рукIкIарал сардал кунчIизарулеб канлъи рекIелъ балагьизе, гьесул асаразул жанисеб къуваталъги къадруяб асаралъги кидагосеб кумек гьабула.
ШагIирасул рагIул кIодолъи боцуна гIадамазе кьолеб кIодолъиялъ, кочIол берцинлъи борцуна гьелъ гIадамал берцин гьаризе гьабулеб асаралъ. Расулил асарал гIадан кIодо гьавизеги берцин гьавизеги гьунаралъ кьурал руго, гьесда киданиги кIочон течIо гьитIинав чиясул тIалабалги, тIадегIанаб улкаялъул ургъелалги, хасго жакъа, гьунар гьечIелщиназ ургъун рахъун ургъел гьечIел кучIдул хъвалеб заманалда, нилъер ракIал макълатIисалъ гIадин, тIаде цIала гIадатлъиялъулъ гIакъиллъиги, гIагIиллъиялъулъ гIадатлъиги бугел шагIирасул хвелги такрарлъиги гьечIел кучIдуз. ГIемерал шагIирзабазда гуро кIвараб ракьалда цохIо кочIодалъун тIолабго дунял асар гьабизе. Расулида гьеб кIвана.
Гьесул « ХъахIал къункърабазул» къваридаб макъан рагIарабго, щибаб пачалихъалъул гимн бачунеб бугеб гIадин, киналго улкабазул гIадамал рахъун чIун къимат гьабулаан.
-141605-27622500Расул ХIамзатовасул гьими гьесул поэзиялъе тIерхьунареб бакълъун буго, гьесул асаралъулъ махсаро, бегIераб рагIи, гIужилаб калам кидаго кициялъул роцада куцарал, магIарул мацIалъул некIсиял, гъваридал, щулиял, хвел гьечIел кьалбазда рижарал руго.
Расул ХIамзатовасул бицине гурони жо батуларо, ургъанагIан гьел иргадал ракIалде щола. Бицун хIал кIвеларо Расулил сахаватлъиялъул. Халкъалъул талихI буго жидерго цIарги, мацIги, миллатги, гьаракьги ракьалда лъазабурав шагIир вахъин. Дагъистаналъул талихI буго жиндир цIар рагIизабурав шагIир жиндир ватIаналда тIад вижи, вати. Жиндирго пикрабазда цадахъ Расулица улкаялъе кьуна рекIел кIутIиги, каранзул бухIиги, бидул кьабиги, рокьул гьаракьги.
Дица пикрабазе улка кьоларо,
Улкаялъе кьола т!олго пикраби.
Эбел… Дагъистан… Рокьи…
ШагIирасул гъажалда лъун буго лъабабго гьел цолъараб кочIол дуниял, гьенир руго гьесул гIумруялъулги, гIищкъуялъулги, шигIруялъулги кьалбал.
ГьитIинаб Дагъистан, дун гIураб тIалъи,
Дунял данделъараб лъабго берцинлъи,
Дир лъабго хазина, дир лъабго рокьи,
Дур ракьалда вукIун вуго дун чIухIун.
Расулил тIолго гIумру ва асарал, цебехун абухъего, хурхарал руго ватIаналде, Дагъистаналде, гIадамал рокьиялде, гьудул-гьалмагълъи щулалъиялде.
Бокьилаан, гьаб рахIат-хIалхьи гьечIеб заманаялъ, гIун рачIунел дагъистанияз Расулидаса ва гьесда релълъарал бахIарчиял ишаздалъун цIар рагIизабурал Дагъистаналъул чIухIилъун жал кколел васаздаса мисал босани.
Макъала лъугIизабизе бокьун буго Расул хведал гьабураб дирго кочIодалъун.
Цойги бакIаб ками Дагъистаналъе.
Расул, мун хванилан хабар рагIидал.
Чорхолъ гъаргъар бана, лугбал цIорона,
Дуй къадар щванилан рагIараб мехалъЧIегIел банин ккана дур Дагъистаналъ.
БакIаб ками ккана Дагъистаналъе,
Дагъистан чIухIарас берал къанщидал.
Камуна цойги вас дир ватIаналъе.
МагIарул яхI-намус чархида ккурав.
Расул, чан сариндай хъвачIого тараб,
КигIан шигIрабидай щвалдего щвечIел?
Байбихьараб хIалтIи рагIалде щвечIеб.
ХIал лъилгодай гIелеб гьеб нухда лъезе?
Яги къункърабазул читIиралда гъорлъ,
Гьезда цадахъ дове рикIкIаде унев,
Ватила, Расул мун, Дагъистан къотIун,
ТIолгоязул гIумру къалмикь босизе.
Божуларо жеги кинго ниж гьелда.
Цадахъ вукIиналда ракIчIарал руго.
Мун нижей хун гьечIо, мун чIаго вуго,
Хазинадуй тараб гьунар къинегIан.
Заира ГIалиева,
ЦIумада районалъул Агъвали росдал
гьоркьохъеб школалъул учительница