Презентация мероприятия Расула Гамзатова


Администрация
МР « Цlумада район»
Лъай кьеялъулаб идара.
660717530924500
Р
асул Хlамзатов гьавуралдаса 93 сон тlубаялъул вечер - конференция.

Бице, эбел ватlан, бице, Дагъистан,
Мун разияб бугищ дур васасдаса?
Мустахlикъав вугищ дун дур цlаралъе,
Цlадулъ парпадулел дур байрахъазе?
Хlадур гьабуна:
Цlумада районалъул
Агъвали гьоркьохъеб школалъул
авар мацlалъул ва адабияталъул мугlалим
Гlалиева З. Т.

1.Кавсарат Сулейманова - «Хlакъикъат» газет. хlалтl.
2.Тамара Абдулаева - кочlохъан.
3. Сабина Абдулаева - кочlохъан.
4.Сабигат Мухlамадова - шагlир.
5.Умарагьи Салихlова - шагlир.
6.Патlимат Исаева - авар театралъул артист.
7.Зубаир Мухlамадов – авар театралъул артист.







-20215211600




1. Музыкальное приветствие Хадижат Гусейновой.
2.Выступление главы Цумадинского района Камилова М С.
3. Песня на сл. Р.Г. поёт уч-ца Тисси – Ахитл. СОШ. Гаджиева С.
4. «Поэт всех поэтов» – выступление поэтессы Сабигат Магомедовой
5. Музыкальное приветствие работника культ.Цум.района Дибира Магомедова..
6. Выразит. чтение стих. Расула Г. «Маша».Чит уч- ца Саситл. школы Набигулаева Сабижат.
7.Танец «Белые журавли».
8. «Большой поэт маленького народа»----выступление
поэтессы Умурагил Салиховой.
9.Музыкальное приветствие Сабины Абдулаевой.
10. «Несколько слов о Расуле Г». - выступление корреспондента аварской газ. «Истина» Кавсарат Сулеймановой .11.Музыкальное приветствие Тамары Абдулаевой.
12.Выступление учителя Агвалинской СОШ Абдулмеджидовой Х. М.
13. Музыкальное приветствие Патимат Исаевой.
14. Танец группы « САПА» « Озорные девочки».
15. Выступление редактора газеты «Голос Цумады» Джахпарова Магомедсаида.
16. Музыкальный номер Зубаира Магомедова.
17.. Выступление учителя Нижнегакваринской СОШ Насрудинова Ш. М.

Тlанчlазе бокьула жидерго бусен,
Бартуе бокьула жиндирго руссен,
Амма дир бокьулеб бакl гьикъун хадуб,
Дир ракlалъ ахlула дур цlар, Дагъистан. Р. Хlамзатов.
…………………………………………………………………..
Бице, эбел - ватlан, бице, Дагъистан,
Мун разияб бугищ дур васасдаса?
Мустахlикъав вугищ дун дур цlаралъе.
Цlадулъ парпадулел дур байрахъазе? Р.Хlамзатов.
…………………………………………………………………….
Жеги мацl лъалареб лъимаца гlадин,
Дица цо батlаго, бутlа – бутlаккун,
Щурула, абула, угьула дур цlар.-
Цин Дагъан, цингиги Дагъистанилан. Р. Хlамзатов.
………………………………………………………………………


Дагъистаналъул сунареб цlва, шагlирзабазулги шагlир, мунагьал чураяв Расул Хlамзатов гьавуралдаса 90 сон тlубай кlодо гьаби букlине кколеб даражаялда ,гьес халкъалъе тараб хазинадул хвел гьечlолъи бихьизаби,шагlирасего гlадин, ватlан цlуни ва бокьи- щивасул тlадаб борч букlин рекlелъ бикlи.
Вечер бачуна:
Тlадгьаквари гьоркьохъеб школалъул мугlалим
Гlабдулмуслимов Мухlамадзакирица
ва
Агъвали гьоркьохъеб школалъул мацlалъул ва адабияталъул мугlалим
Гlалиева Заираца.

Вечер байбихьизе изну кьела Дагъистаналъул мустахlикъай кочlохъан Хадижат Хlусеновалъе.

Мухlамадзакир
Щва мун магlарухъе бокьараб мехалъ,
Бухе цебе ккараб каву бокьухъе,
Дур цlар гьикъиларо, рокъой вачина,
Духъе тlаса бахъун хъабарча кьела,
Бухlулел, чlурхlулел махlал рахъина,
Ва нахъа рокъоса чlагlа бачlина………
Заира
Ассалам гlалайкум, дир цlумадисел,
Иман- яхl бергьарал, намус бечедалl
Ассалам гlалайкум, хириял гьалбал,
Гьабулебщинаб тун гьанире щваралlАссалам гlалайкум, рачlанищ нижехъ?
Лъикlал гlадамазухъ, квешал нухал тун.
Ассалам гlалайкум, дагъистаниял.
Рачlа гlодор чlезе Расулил гъасдаl
Мухlамадзакир
Хlурматиял гьалбал, ракьцоял ва цlалдохъаби!
Изну кье дие Расул Хlамзатов гьавуралдаса 90 сон тlубаялде хурхун гьабулеб данделъи рикlкlине рагьараблъун.
Заира
Хlурматиял залалда жанир гlодор чlаралl Изну кье дие нужер лъай – хъвай гьабизе жакъа гьаб байрам кlодо гьабизе тахшагьаралдаса
нилъехъе щварал гьалбалгун. Гьел руго:
(цо – цоккун сценаялде тlаде ахlила).
Нужее кlудияб баркала халатаб нух тун, гьаб нижер мажлисалде рачlине заман батаралъухъ. Ракlалда ккола нуж гьелдаса разиго хутlилилан.
«Гьадигlан цlумадисезул къимат букlин жакъа бичlчlана дида, ва дун гьелдаса кутакалда, гlурхъи гьечlого, вохарав вуго», - ян абулеб буго
районалъул бетlер Камилов Мухlамад Саидовичас.
Рагlи кьола дуе, Мухlамад Саидович!

Мухlамадзакир
Бацlил кlалдиб къараб кьагlрида релълъун,
Кьурабазда гьоркьоб буго дир росу,
Росдал рагlалалда гъугъдулъ буго къан,
Гъадил бусен гlадаб дир инсул мина.
«Гlазу бан цlер гуреб, цlад бан хlарщ гуреб, Цlада гlадаб бакlго бугодай унго?» - ян, хlеренаб рокьигун хъвалеб буго Расулица. Гьаниб абухъего, гьавуна гьев бацlцlадаб гьаваги, гьуинаб лъимги бугеб, магlаруллъиялда гъоркь бищунго цlар рехсолеб Хунзахъ районалъул Цlада росулъ, цlар рагlарав шагlир Цlадаса Хlамзатил хъизаналъулъ 1923 соналъул 8 сентябралъ.
Заира
Кидаха цlар рагlарав шагlирас кучlдул хъвазе байбихьараб?
Чан сон барав чи гьев вукlарав тlоцебесеб кечl хъвараб мехалъ, нилъеда бичlчlула гьесул тlоцересел кучlдуздаса.
Рачел борчилалде, чу кьололалде.
Чирахъул канлъухъе, къаси сардида,
Рикlкlад, кlкlалал росулъ, дир инсул рокъоб.
Дица хъвана анкьго гьижа бугеб кечl.
Хадубги хъвана гьес:
Вегараб ххвел гьабун, эбелги гуккун,
Кето гlадин, балъго тlадеги вахъун,
Дир тlоцебесеб кечl, тlоцебесеб кечl,
Дуе гlоло дица сордо рогьана.
«Къалам цоясул хlакъалъулъ рагlи»- рагlи абизе изну кьола Дагъистаналъул хъадарухъабазул союзалъул член, шагlир Сабигат Мухlамадовалъе.

5543555648325
Мухlамадзакир
«Дица тlоцебесеб кечl хъвана,- ян ракlалде щвезабулеб буго Расулица,- 11 сон бараб мехалда, рагъида тlамун букlараб оцол тlомода тlадги вегун. Гьеб букlана 1934 соналъ, нижер росдада тlад бугеб гlурдаллъиялда тlоцебе самолёт рещтlараб мехалъ, унтун рукlарал мадугьаласул лъимал гьелде данде рортиялъул хlакъалъулъ». Гьединан, школалда цlалулевго вукlун, кучlдул хъвазе байбихьун буго вукlинесев шагlирас.
Хадуб, классалда масъала хlалел,
Хlисабалъул дарсда рукlараб мехалъ,
Дица, учительги тохлъизе гьавун,
Дове-гьанив вуссун, хъвана цойги мухъ.
Заира
Расулил хlакъалъулъ бицине гурони жо батуларо, ургъанагlан гьел иргадал ракlалде щола. Бицун хlал кlвеларо Расулил сахаватлъиялъул.
Жакъа заманалда кlудияв поэт гурев, кlудияв интернационалистги вукlана Расул Хlамзатов. Магlарулазго гlадин киналго дагъистнаниял миллатазги рикlкlуна гьев жидерго шагlирлъун. Гьеб нилъеда бичlчlула гьал хъвадарухъабазул рагlабаздаса:
Къайсын Кулиев: яги Мухlамад Атабаев:
Кlиго бихьинчиясул, Гьедин, кив щваниги, щибаб ракьалда,
Гьудуллъиялъул къвакlи, Расул, дур къункъраби рихьана дида,
Гьеб гlадаб щулияб жо, Дунялалда кибго машгьурлъи щварав,
Ракьалда щибго гьечlо. Гьудул, дун дудаса чlухlула кивго.
Сценаялде къабул гьаве Дагъистаналъул мустахlикъав кочlохъан, Дибир Мухlамадов.


Мухlамадзакир
Дагъистанги дагъистаниялги магlарулалги кlодо гьарулеб гуреб хlухьел угьичlо Расул Хlамзатовас. Гьес щибго хlинкъичlого, нечечlого абуна жив Дагъистан цlунун тараб гьве вугилангицин.
Заира
Бице, эбел ватlан, бице, Дагъистан,
Мун разияб бугищ дур васасдаса?
Мустахlикъав вугищ дун дур цlаралъе,
Цlадулъ парпадулел дур байрахъазе?
Гьедин хъвана Расулица жиндирго кочlолъ. Дагъистан буго шагlирасул бищун кlудияб рокьи, гьесул пикрабазул байбихьиги ахирги, гlумруялъул магlнаги гъварилъиги, рохелги пашманлъиги. Прозаялдалъун хъвараб Расул Хl. « Дир Дагъистан» тlехь хъвай букlана хъвадарухъанасул анищлъун. Гьеб анищ гlумруялдеги бахъана. Авторасда ракlалда букlун буго 3 бутlа хъвазе, лъугlизабизе кlвана, амма лъабабилеб бутlа рукlалиде ккезабизе кlвечlо, унтуцаги къварилъабазги квалквал гьабуна. «Дир Дагъистан» ккола къиса, ватlаналъулги гьелъул гlадамазулги хlакъалъулъ хъвараб, цебесебги, гьанжесебги, тарихги, жакъасеб къоги, бергьенлъабиги – камиллъабиги, квешлъиги - лъикlлъиги, сурукълъиги – гьайбатлъиги- гlемераб жо жанибе бачараб. Гьеб тlехь лъугьана авар прозаялда кlудияб бергьенлъилъун, борхалъилъун, лъугьа-бахъинлъун.
Расул Хlамзатовасул « Маша» кечl рекlехъ рикlкlине рагlи кьола Сасикь школалъул цlалдохъан Набигулаева Сабижатие.
Мухlамадзакир
Соналдаса соналде, творчество цебетlунагlан, Расулил бухьеналги гlатlилъана ва щулалъана . Гьесул хlаракатчилъиялдалъун Дагъистаналде щвечlев кlудияб СССРалъул машгьурав хъвадарухъан хутlичlин абизе бегьула.
Гьез жидерго асаразулъ беццана Дагъистанги гьелъул бахlарчияб ва гlемер миллатазулаб халкъги.
-506095637476500
Заира
Унге, кочlохъаби, нуж бертабалъе,
А больницаялде унтаразухъе-
Бачче дурго гъуждуз хваразул мали,
Хвел гьечlолъи цинги бачlина духъе.
Щибаб рагlул магlнадулги гъварилъи, рекlел мацlалъулги пасихlлъи. расулил поэзиялъ нилъее рекlее бигьалъи кьола, гlакълуялъе эркенлъи кьола, улкаялъе кlодолъи кьола, гlаданлъиялъе сабру кьола, гlадан гlаданлъун хутlизе ритlухъаб, тlокlаб,тlадегlанаб рагlул борхалъиялде рачуна.
Гьеб борхалъуде рачунеб нухда хадур рачlунезухъе кверги кьун, кьурабаздасаги мугlруздасаги чlухlун, магlарулаллъун ратиялдасан рохун, хвел гьечlеб рокьи миллаталъеги халкъалъеги кьезе, дунялалъул берцинлъидул къимат гьабизе,къадараб нахъегlаналдаса рикlкlалъизе, рукlкlарал сардал кунчlизарулеб канлъи рекlелъ балагьизе Расулил асаразул жанисеб къуваталъги къадруяб асаралъги кидагосеб кумек гьабула.
Мухlамадзакир
Дунялалъулго адабияталда жаниб кlудияб лъугьа-бахъинлъун ккана Расулил « Хъахlал къункъраби» кечl. Гьеб гlицlго адабияталъул лъугьа – бахъин гуро, гьеб буго гlумруялъулаб лъугьа – бахъин. Расулида кlвана цохlо гьеб кочlодалъун дунялго асар гьабизе, гlемеразул гуро гьелъие гьунар гlолеб.
Дида ккола рагъда камурал васал,
Кирго рукъун гьечlин, къанабакь лъечlин,
Мугlрул тун рикlкlада хъахlил зобазда,
Хъахlал къункърабазде руссун ратилин.
Заира
Сценаялде къабул гьабе Цlумада районалъул Агъвали росдал маданияталъул кlалгlаялда цебе гlуцlараб кьурдул группа « Сапа». Кьурди «Хъахlал къункъраби».
6229356137275
Мухlамадзакир
Расул Хlамзатовасул асаразулъ хвел гьечlеблъун буго лъикlлъиги канлъиги. бацlцlадго ва якъинго загьир гьабуна гьеб пикру гlурусазул поэт, Расулил цо – цо кучlдул гlурус мацlалде руссинарурав Роберт Рождественскияс. « Гьев вуго Дагъистанги, магlарул мацlги, гlагарал мугlрулги дунялалда машгъуллъизарурав кlудияв шагlир. Гьесул буго гlакъилаб, сахаватаб ва хlалхьи лъалареб ракl. Гlемерал бакlазда вихьана ва рагlана дида гьев кlалъалев, ва гьесухъ гlенеккарав щивасул рекlелъе лъугьуна, гьев вугин унго – унгояв гражданин, гlакъил ва гlакъилав махсарочиян абураб пикру. Тушбабигун гьев вагъула гурхlел- рахlму гьечlого ва жиндирго гlакъиллъиялъ, чlоргlан битlараб рагlуца чlван лъола гьел. Гьев гlицlго Дагъистаналъул шагlир гуро, гьев вуго гlурусазулги Россиялъулги шагlир. Гьев ккола халкъалъе бищунго вокьулев шагlир.
Расулил асаразе рахъана кинофильмал, гlемерал рихьизаруна Дагъистаналъул телевидениялдасанги, гьесул кучlдул ахlула сценаялда цlар рагlарал кочlохъабазги.
rightcenter00
«Расулил гlумруялдаса кlочонарел дандчlваял»- рагlи кьола шагlир Умарагьи Салихlовалъе.
Заира
Халкъалъул талихl буго жидерго цlарги, мацlги, миллатги, гьаракьги ракьалда лъазабурав шагlир вахъин, Дагъистаналъул талихl буго жиндир цlар рагlизабурав шагlир жиндир ракьалда тlад вижи, вати.
Расул Хlамзатов……………… Хlамзатил Расул………………………………..
Жиндирго пикрабазда цадахъ Расулица улкаялъе кьуна рекlел кlутlиги, каранзул хlухьелги, бидул кьабиги, рокьул гьаракьги.
Эбел. Дагъистан. Рокьи.
Шагlирасул гъажалда лъун буго лъабабго гьел цолъараб кочlол дуниял, гьенир руго гьесул гlумруялъулги, гlищкъуялъулги, шигlруялъулги кьалбал.
Гьитlинаб Дагъистан, дун гlураб тlалъи,
Дунял данделъараб лъабго берцинлъи,
Дир лъабго хазина, дир лъабго рокьи,
Дур ракьалда вукlун вуго дун чlухlун.
Сценаялде къабул гьае Дагъистаналъул цlар рагlарай гlолохъанай кочlохъан Сабина Абдулаева.


Мухlамадзакир
Расул Хlаматовасул поэзия буго хlикмалъиялъулги, балъголъиялъулги, гlакъиллъиялъулги, бахlарчилъиялъулги, чилъиялъулги, лъикlлъиялъулги,дугlабазулги,магlабазулги, магlаруллъиялъулги, даимлъиялъулги, дунялалъулги, рухlалъулги, рокьулги, рокьукълъиялъулги, рорхалъабазулги, расалъабазулги, ритlухълъиялъулги, божилъиялъулги, тlадегlанлъиялъулги, тlокlлъиялъулги, лахlзаталъулги, хlасраталъулги, тlанчал цолъараб цогояб, хвел гьечlеб тlехь.
Заира
Сценаялде ахlула Цlумада районалъул ва цlумадисезул
5803901720215«Хlурматияй гьобол –гьудул», «Хlакъикъат» газеталъул хlалтlухъан Кавсарат Сулейманова

Мухlамадзакир
Расул Хlамзатов жиндирго шигlрабазулъ цин хlеренлъула, цин ццидахуна, лъикlабщинаб беццула, къадарабщинаб какула. Амма гьес бетlер къулулеб, кидаго щурулел рагlаби рукlана «Чlужугlадан».
Заира
Мун азаргоясе йокьун ятани,
Гьезда гьоркьов вуго Хlамзатил Расул,
Мун нусго чиясе йокьун ятани,
Гьезда гьоркьов вуго Хlамзатил Расул,
Цинги анцlгоясе йокьун ятани,
Гьезда гъорлъги вуго Хlамзатил Расул,
Нагагь мун цоясе йокьун ятани,
Цохlо гьев вуго дун- Хlамзатил Расул,
Мун цонигиясе йокьун гьечlони,
Ракьулъ вукъун вуго Хlамзатил Расул.
Гьел рагlаби Расулица ракlалде ккола дур хlакъалъулъгlаги гуродай абуралилан. Сценаялде къабул гьае Дагъистаналъул цlва, цlумазул ватlаналдаса яс, цlар рагlарай Дагъистаналъул кочlохъан
Тамара Гlабдулаева.
57594512039600
Мухlамадзакир
Расулица гlатlид гьаруна Дагъистаналъул гlорхъаби. Битlараб бицани, гьесул цlар рехсечlого Дагъистан лъаларел бакlал гlемерал руго, амма гьесул цlар лъалареб бакl цониги гьечlо. Расулие къисматалъ кьуна поэзия ва поэзиялъ кьуна къисмат. Гьединлъидалин гьев цlакъго кlудиявги тlадегlанавги вугевги.
Заира
Шагlирасул хlакъалъулъ рагlи абизе изну кьола Гъоркьгьаквари школалъул мугlалим Насрудинов Шагьрурамазание.
-4889540005
Мухlамадзакир
Дир рокьи ккун буго гьабсагlаталда,
Гьаб дуниялалда нусго ясалъухъ,
Нусайго мун йиго, нусцlул йокьарай,
Азарцlул жегиги йокьизе йигей.
Заира
«Дун данде чlвазе ккола чlужугlадангун жакъа» - къабул гьаве сценаялде Дагъистаналъул кочlохъан
Зубаир Мухlамадов.

Мухlамадзакир
Расул Хlамзатов нилъее хирияв вуго кинабго рахъалъан, амма тlоцебесеб иргаялда гьесул поэзиялъул кlодолъиялъул ва кlудияб гlумруялъул борхалъиялъул рахъалъ.
Лъаларо, Мухlамад, цогидазул иш,
Амма дица дирго рахъалъ абила,
Метер магlарул мацl хвезе батани,
Хваги дун жакъаго жаниб ракl кьвагьун
Заира
4889502938145 Рагlи абизе изну кьола Цlумада районалъул газеталъул редактор Мухlамасаид Джахlпаровасе.
Мухlамадзакир
Лъала магlарулазе,
Кечl – бакъан бокьулеблъи,
Залалда гlодор чlарал,
Къабул гьабе, хъатал чlвай,
Гьал гlолилазул кьурди.
Къабул гьабе районалъул маданияталъул кlалгlаялда цебе гlуцlараб
« Сапа» группаялъул кьурди.
righttop
Заира
Расулил абияздаса:
Бичулеб буго яхl, бахlарчилъи, гlаданлъи, гьунар. Бичулеб буго берцинлъи, поэзия, музыка, хlатта Ватlангицин. Къойидаса къойиде бича – хиси гlемерлъиялъ учузлъулеб , гlасилъулеб, чороклъулеб буго нилъер гlумру.Расулил абиял хасиятал руго жакъа къоялъеги. Хlисаб гьабун бихьеха нужецаго гьечlищали.
Шагlирасул хlакъалъулъ рагlи абизе изну кьола Агъвали гьоркьохъеб школалъул мугlалим Гlабдулмеджидова Хlалиматие
684530577596000
Мухlамадзакир
Дица творчестоялъул хlалтlухъанасаул цlикlкlун къимат гьабула хlакимзабазул гьабулелдаса. Хlакимас хъвараб – тараб гlадамазул цlакъго дагьаб къадаралда гурони лъаларо, гьелъул гlумруги къокъаб букlуна. Хъвадарухъанасул цlар цlалула миллионал гlадамаз, гьелъие хвелги гьечlо. Дир гlумру къеркьей кколаро, рокьи ккола. Лъиданиги кlвечlо гьереси бицун дун хъвадаризе тlамизе.Дир цониги асар гьечlо гъоркь гъолбасине намуслъараб.
Заира
8788402827655Расулил рагlабазда нужое кочlолаб саламгун цее яхъуней йиго авар театралъул артиска Патlимат Исаева. Къабул гьае.
Цадахъ:
Рорхатал цlвабзазде сухъмахъал гьарун,
Гьенире ракетал роржаян абе,
Бищун тlадегlанал гlагарал цlваби,
Гlадамазухъе щвей буго дир мурад.

Мухlамадзакир:
Гьебго буго нижерги мурад.
Лъикlабщинаб бокьаги,
Бокьарабщинаб щваги.
Гьадин рохалий гуро,
Данделъизе ккогеги.
Заира:
Хириял гьалмагъзаби, хlурматиял гьалбалl Гьаб буго нилъее киназего гlахьалаб байрам, бугониги, дица ракl – ракlалъулаб баркала загьир гьабула гьаб байрам тlобитlизе дие квербакъаралщиназе, росабалъа рачlарал дирго пишацоязе, дир ахlи- гьариги къабул гьабун шагьаралдаса гьанире рачlарал шагlирзабазе, кочlохъабазе, газеталъул хlалтlухъабазе, къокъго абуни, тlолго магlарулазе, дагъистаниязе.