Тесты по родному языку (аварскому)


Тестал.
Р. Х1амзатовасул г1умрудул сонал.
а) 1892-1965с.
б) 1923-2003с.
в) 1918-1995с.
Жиделъ инсанасул квешал рахъал, г1умруялъул г1унгут1аби къват1ир ч1вазарун какулел художествияб асар кола…
а) элегия
б) басня
в) сатира
Жидеда жаниб шаг1ирасул рух1ияб дуниял, чорхол асар, рек1ел пикраби, хьулал, анищал рихьизарулел асарал ккола…
а) эпос
б) лирика
в) драма
Ц1адаса Х1амзатил т1оцебесеб басмаялда бахъараб т1ехь.
а) «Г1адатазул жул»
б) «Ват1аналъе г1оло!»
в)»Муг1рул т1огьал»
Расул Х1амзатовасул прозаялда хъвараб асар щиб кколеб?
а) «Дир Дагъистан»
б) «Маг1арулай»
в) «Россиялъул солдатал»
Авар мац1алда (маг1арул мац1алда)т1оцебе басня хъварав чи щив колев?
а) Муса Мух1амадов.
б) Цадаса Х1амзат
в) Фазу Г1алиева.
Халкъиял к1алзул асарал рате.
а) «Хочбар»
б) «Ракь»
в) «Суффичи-хиянатчи»
–Валлагь инеев, эбел , дун ах1аралъув.
Х1инкъунилан ккела дун гьев ханасда.
(Кинаб асаралдаса росарал мухъал? )
а) «Р. Эльдарилав»
б) «Хочбар»
в)»Сайгидул Бат1алиде»
Ч1абаралда гиргидун, годек1ан ас бац1ц1уна. Кинаб асаралдаса босараб мухъ?
а) «Ракь»
б) «Исрапчи»
в) «Гьекъел мехтел»
Чан г1алимчиясул г1елмудал керен.
Дуда жаниб бачун, ракьде буссараб?
(коч1ол мухъал ц1алун лъуг1изаре)
Самовар гьалиладай.
Дов Хуршил Мух1амадил
(лъил раг1аби гьел колел?)
а) Инхоса Г1алих1ажиясул
б) Ругъжаса Эльдариласул
в) Г1анхил Маринил.
Р. Эльдариласулги Хочбарилги релълъарал рахъал рате?
а) х1алихьалъи
б) бах1арчилъи
в) божилъи гьеч1олъи
г) рух1алда барахщи гьеч1олъи.
Загьруги гьекъон , хварав шаг1ирасул ц1ар.
а) Б. Ч1анк1а
б) Р. Эльдарилав
в) Хъ. Мах1муд.
Г1умарил Батырайил асар бате.
а)
б)
в)
Дун хвараб мехалда къо лъик1 гьабизе .
Къисмат диргог1адин къваридал рач1а.
Гьал раг1аби лъил, ва щиб асаралдаса?
а) Хъ. Мах1муд
б) Ц1. Х1амзат
в) Ятим Эмин «Васият»
Б. Ч1анк1ал «Сайгидул Бат1алиде» кинаб асар кколеб?
а) рокьулищ?
б) маг1уйищ?
в) сатирикиябищ?
«С. Бат1алиде» Ч1анк1ал гьаб маг1у кинаб рагъда ккараб лъугьа-бахъиналъул бицунеб бугеб?
а) Япониязул рагъда
б) К1.Ват1анияб рагъда
в) Шамиль имамасул рагъда
Б. Ч1. «С. Бат1алиде» маг1у чан бут1аялде бикьизе бегьулеб?
а) к1иго
б) лъабго
в) ункъго
«Т1алх1атиде» абураб асар лъица хъвараб?
а) Ц1. Х1амзат
б) Б.Ч1анк1а
в) Ятим Эмин
«Устар» абураб поэма лъица хъвараб?
а) Р.Х1амзатов
б) Ц1. Х1амзат
в) Муталиб Митаров
«Устар» лъил х1акъалъулъ хъвараб поэма кколеб?
а) Бахтика
б)Пери
в) Парту-Пат1имат
«Г1умруялъул дарсал» поэма лъица хъвараб?
а) Ц1. Х1амзат
б) Муса Мух1амадов
в) Г1абасил Мух1амад
Кинав чиясда халкъалъ к1игьумерилав чийилан абулеб?
а) рак1бац1ц1адав
б) кьураб раг1и кколарев
в) иман-иях1 бугесда
Коч1ол мухъал ц1алун лъуг1изаре
Щибаб жо г1емерлъанаг1ан
Г1адат буго учузлъулеб
……………………………..
………………………………..
Кин нужеца рик1к1унеб ч1ух1и
а) г1адамал берзукь рихьи
б) цох1о жиндирго пикру бит1ун бугилан лъугьин
в) инсанасул лъик1аб рахълъунищ яги г1унгут1ийищ?
Пьеса «Айдимир ва Умайгьанат» лъица хъвараб?
а) Ц1. Х1амзат
б) Заид Х1ажиев
в) Фазу Г1алиева
Умайгьанат кинай г1аданлъун нужеца цее ч1езаюлей?
а) къвак1арай
б) щибго жо бажаруларей
в) х1инкъарай
Гьал коч1ол мухъал лъица ах1арал?
Рии бач1ун, хасел ун, Харил ц1илъула,
Хасалил нак1к1ал рач1ун,
Бец1аб дунял гвангъула.
а) Симисханица
б) Умайгьанатица
в) Асмаца
«Шамилил суд» абураб кеч1 лъица хъвараб?
а) Мунги Ах1мад б) Г1. Батырай в) Хъ. Мах1муд
Рогьо х1ехьезе к1веч1ев наибас имамасда щиб гьарараб?
а) Чабхъад вит1е
б) рагъдаса нахъе ине.
в) лъаларо
Лъик1аб гьудуллъиялъе ахир бук1унищ?
а) бук1уна
б) бук1унаро
в) лъаларо
«Борхатаб Маг1арда» кеч1 лъица хъвараб?
а) Инхелоса Къурбан
б) Хъ. Мах1муд
в) Б. Ч1анк1а
«Наибзаби х1елун» обураб коч1ол ахиралда г1олохъаби кинаб къиматалде карал?
а) кьог1аб
б) лъик1аб
в) квешаб
«Почтовой кагътиде керенги чучун» абураб асар лъица хъвараб?
а) Хъ. Мах1муд
б) Б. Ч1анк1а
в) Р. Х1амзатов
Хъ. Мах1мудил учитель щив колев вук1арав?
а) Б. Ч1анк1а
б) Ругъжаса Э.
в) Инхелоса Къ.
Дирго рак1 т1ун араб т1авус бихьизе
Т1аде маг1арухъе яхине анищ! (щиб асаралдаса росарал мухъал)