Презентация по родной (аварской)литературе на тему: Расул Гамзатов Где песни над моею колыбелью


Къо-моц1:03.02.2016 с.Класс:7Дарс:авар адабият.Тема: Расул Х1амзатов «Эбелалъ дир кинидахъ куч1дул ах1ич1ел ани» Дарсил мурадал:1. Асадула Мух1амаевасул «Маг1арулай»-абураб асар щула гьаби.2. Расул Х1амзатовасул «Эбелалъ дир кинидахъ куч1дул ах1ич1ел ани.»-абураб коч1ол идейно-тематикияб анализ гьаби.3.Анализалъул кумекалдалъун эбелалде бугеб г1орхъи гьеч1еб рокьи коч1олъ загьир гьабулеб бук1ин бихьизаби. Пасих1го ц1али камил гьаби ,теориялъул баянал щула гьари, г1акълу бег1ери, малъулеб асаралъул кьуч1алда тарбия кьей,жакъасеб г1умруялъулгун асаралъул бухьен ч1езаби,х1асилал гьаризе ц1алдохъабазул бажари камил гьаби. 1.Асадула Мух1амаев щиб районалдаса кколев? А. Хунзахъ. Б. Г1ахьвахъ. В. Шамил. 2. Щиб росулъ гьавурав Асадула Мух1амаев? А.Гьоц1алъ. Б. Гьамущив. В. Лъаг1илухъ. 3. Асадула Мух1амаевас хъварал асарал рихьизаре. А. « Ашбазалде гьабураб», «Дибирги г1анхвараги» Б. «Поэт», «Сулейманил х1акъалъулъ хабар» В. «Чаландарил сапар», «К1удадаги васги», «Маг1арулай»  4. Сундул х1акъалъулъ бицунеб бугеб Асадула Мух1амаевасул «Маг1арулай»-абураб къисаялъулъ? А.Рагъул соназда маг1арул цо росулъ бук1араб г1умруялъул .руччабазул бах1арчияб зах1маталъул. Б. Революциялда цересел соназда маг1арул г1олилазул х1аракатчилъиялъул. В. Мискинзабазул цебе бук1араб кьог1аб г1умруялъул ва язихъаб яшавалъул. 5. Асадула Мух1амаевасул «Маг1арулай» къисаялда Х1афизат кинай яслъун йихьизаюн йигей? А. Бах1арчияй .х1инкъи-къай гьеч1ей рагъухъанлъун . Б. Гурх1ел-рах1му гьеч1ей ,сих1ирай ,к1игьумерай,сог1ай г1аданлъун. В.Сабурай, къох1ехьолей,зах1мат бокьулей ,росасе ва г1адамазе хиянатлъи гьеч1ей яслъун. 6.Асадула Мух1амаевасул «Маг1арулай» къисаялда Х1афизатида т1ад щиб къан бук1араб? А. Ахил бригадирлъи гьабизе. Б. Росдал лъималазе муг1алимлъи гьабизе . В.Колхозалъул бригадирлъи гьабизе. 7.Асадула Мух1амаевасул «Маг1арулай» къисаялдаса Ах1мад щив кколев?. А.Халкъалъеги Ват1аналъеги хилиплъарав хиянатчи. Б. К1удияб Ват1анияб рагъул г1ахьалчи ,араб бак1 лъач1ого т1аг1ун вук1арав гьев ,т1адвуссун вач1уна. В. Дагъистаналда Совет власталъе г1оло къеркьаразул цояв. 8.Асадула Мух1амаевасул «Маг1арулай» къисаялдаса Х1афизатги Меседоги Маккикъоралъуре иналъе г1илла щиб бук1араб? А. Макказул ханазда хадур. Б. Ц1огьазда хадур. В. Макказул ракалда хадур. 9.Асадула Мух1амаевасул «Маг1арулай» къисаялда « Ах1мад,гуро, Ах1мад гуро. Мах1ач буго ,Мах1ач! Гьале , гьудул ,гьале дур эмен …Ах1мад ! Гуро Мах1ач»-лъица лъида абурал раг1аби гьал колел? А. Ах1мадица жиндирго васасда. Б. Г1исаца жиндирго вас Ах1мадида. В. Г1исаца жиндирго васасул васасда. «5» къимат 8-9 бит1араб жавабалъе.«4» къимат 7-8 бит1араб жавабалъе.«3» къимат -5-6 бит1араб жавабалъе Расул Х1амзатов Расул Х1амзатов щив кколев? Лъил хъизамалда гьавурав Расул х1амзатов? Расул х1амзатовасул эбелалда ц1ар щиб бук1араб? Щиб росулъ гьавурав расул х1амзатов? Чанабилеб соналъ гьавурав расул х1амзатов? Расул х1амзатовас Хъвадаризе кида байбихьараб? Чанабилеб соналъ хварав Расул Х1амзатов? . Расул х1амзатов «Россиялъул солдатал» Кинаб кеч1 кколеб расул х1амзатовасул дунялалдаго ц1ар араб? Словарияб х1алт1и. Кини –Къосине –Мах1ал-Даимлъи-Словариб х1алт1и: кини-къосинаан-мах1ал даимлъиСловариб х1алт1и: кини-къосинаан-мах1ал даимлъиСловариб х1алт1и: кини-къосинаан-мах1ал даимлъи Эбелалъ дир кинидахъ куч1дул ах1ич1ел ани.Дир мацI букIинароан,Дир цIар букIинароан,РикIкIада сапараздаДида нух къосинаан,Дида рокьи гьадигIанРакьалда лъалароан,Эбелалъ дир кинидахъКIучIдул ахIичIел ани… Х1анч1аз рачунел бакънал, Чвахулеб ц1адал гьаркьал Ц1адухъ чедалъул т1аг1ам, Т1анхазул кьерал, мах1алГьадин лъазе рук1инч1о .Гьадин рич1ч1илароанЭбелалъ дир кинидахъ Куч1дул ах1ич1ел ани. Дие дуниял, гIумруГIагарлъизе букIинчIо,ГIадан хадув хвеледухъХиралъизе вукIинчIо,.. Даимлъиги цо къоги Дилъ цолъизе бук1инч1о.Эбелалъ дир кинидахъ Куч1дул ах1ич1ел ани. Кинидахъ куч1дул. Аллитерация ч1езабизе Дие дуниял г1умру Г1агарлъизе бук1инч1о. Г1адан хадув хвеледухъ, Хиралъизе вук1инч1о. Мац1алъулаб лоторея.
Кида ва кив гьавурав Расул Х1амзатов? Расул Х1амзатов щив кколев? Лъил хъизамалда гьавурав Расул Х1амзатов? 8.Расул Х1амзатов щиб районалдаса кколев?10. Расул Х1амзатовасул инсуда ц1ар щиб бук1араб? Расул Х1амзатовасул эбелалда ц1ар щиб бук1араб? Жакъа дарсида лъил х1акъалъулъ бицараб? Нилъеца ц1алараб асар лъил х1акъалъулъ бугеб? Расул х1амзатовЭбелалъул х1акъалъулъ кицаби лъалищ дуда? ЭБЕЛ. Дурго эбелалъул х1акъалъулъ бице. Эбелалъ дир кинидахъ куч1дул ах1ич1ел ани абураб коч1олъ чан гьижа бугеб? Эбел йохизаюлеб, эбелалда куркьбал гъолеб жо щиб бук1унеб? 1.-Щиб загьир гьабулеб бугеб шаг1ирас гьаб коч1олъ?2.-Эбелалъул рокьиялъ,гьелъул х1еренлъиялъ лъимал сунде куцалел ругел? 3.-«Рик1к1ада сапаралдаги нилъеда нух къосине сунца биччаларин»-абулеб бугеб? 4.- Киг1ан хирияб бугеб поэтасе эбелалъ кинидахъ ах1араб кеч1? Рокъобе х1алт1и : Р.Х1амзатовасул «Эбелалъ дир кинидахъ куч1дул ах1ич1ел ани»-абураб кеч1 рек1ехъе лъазабизе. Эбелалъул х1акъалъулъ сочинение хъвазе. 1271094368