Дарс-маргьа. Тема: Бит1араб дополнение


Дарс-маргьа. Анц1ила ич1абилеб ноябрь.Тема: Предложениялъул бет1ераб член.«Бит1араб дополнение»Дарсил мурад: Бит1араб дополнениялъул х1акъалъулъ бич1ч1и кьезе. Цогидал членаздаса гьеб бат1а бахъизе лъазе. Дарсил ин:1.Класс дарсиде г1уц1и(доска,таблица,карточкаби)2.Араб дарсил ц1ех-рех гьаби.«Подлежащее ва сказуемое»Суалал:а)Авар мац1алда кинабниги чан член бугеб?б)Чан бет1ераб бугеб?в)Подлежащее сунда абулеб?г)Сказуемое щиб кколеб?д)Гьаб предложениялдаса подлежащее ва сказуемое бихьизабе.Шахламаз халичаби рессулей йик1ана. 3. Ц1ияб дарс. «Бит1араб дополнение»Вук1анила,вук1инч1ила цо хан.Гьев вук1анила кутакалда бечедав,ц1одорав,г1акълу бугев.Ханасул вук1анила 3 вас. К1удиясда ц1ар бук1анила Подлежащее.Гьоркьохъесда ц1ар бук1анила Сказуемое.Бищунго гьит1инасда ц1ар Бит1араб дополнение.Подлежащее вук1анила,жинца гьабулеб иш,х1алт1и г1адамазда бихьизабулев ва жиндирго х1акъалъулъги г1емер бицунев вас.Къойил 10 суал кьолаанила инсуе,вацазе.Гьаб щиб? Гъов щив? Щий? Щал? Лъица? Сунца? Лъие? Сундуе? Лъида? Сунда? К1иабилев вас-Сказуемое вук1анила к1удияввац -Подлежащеяс гьабураб кинабго иш бицунев, гьабулев.Суалал кьезе гьевги ц1акъав вук1анила.Гьаб лъица гьабураб? Лъица гьабизе бугеб? Лъица гьабун бук1араб? Лъабабилев вас-Бит1араб дополнение вук1ун вуго ,к1иабилев вацас гьабулеб щинаб х1алт1и т1аде кколев.Ч1ах1иял вацазе,инсуе 4 суалги кьолаанила гьес.Щиб? Щив? Щий? Щал? абун. Ханасул к1алг1а Хан Ханасул васалПодлежащее.Сказуемое.Бит1.доп. Цо къоялъ ханасул 3 вас т1аг1анила рокъоса.Ханас хех гьабун,ах1и-х1ур бахъинабун,васал ралагьизе чаг1и рит1анила.Подлежащееги Сказуемоеги кодор щванила,амма ханасе бищун хирияв Бит1араб дополнение ватич1ила.Гьанже лъимал,нилъеца ях1 бахъизе ккола гъов бищун гьит1инав вас валагьизе.Гьев вас нилъехъе кодов щола,лъимал,нужеца дихъ лъик1 г1инт1амуни,суалазе жавабал кьуни.Гьев Бит1араб дополнениеги валагьун, рилълъина нилъ ханасул ч1ух1араб к1алг1аялде.Ханас нужее лъик1-лъик1ал къиматалги кьела. Бит1араб дополнение ккола предложениялъул бет1ераб член. Сказуемоялъ бицунеб иш бит1араб дополнениялда т1аде ккола. Масала:Эбелалъ квен гьабуна.(щиб?)Лъималаз гъут1би ч1ана.(щал?)Нижеца гьобол рокъое ячана.(щий?)К1одоца гьит1инав Ах1мад веэдана.(щив?)Бит1араб дополнение кидаго аслияб падежалда бук1уна.Бит1арб дополнениялда гъоркь бит1арабги т1ут1урабги мухъ ц1ала.(доскаялда бихьизабила) 4.Дарс щула гьаби.(х1алт1аби гьаризе)1.Гьал раг1аби бит1арал дополненияллъун ккезарун,предложениял г1уц1е ва хъвай.Тетрадь,ручка,гьалмагъ.2.Гьал суалазе жаваблъун бит1араб дополнение кколедухъ,4 предложение ургъе ва хъвай.Щиб?Щив?Щий?Щал?3.Предложениял хъвай,бет1ерал членал рате.Г1алхул х1айваназ жидеего гьудулзаби рищана.Г1анк1 ц1акъ боханила.Х1амицаги г1анк1ицаги хер кванила.Шамил имамас хвалчен хьваг1ана. 4.Ц1але, бит1араб дополнение бате.Воре,дуца гьалмагъасеЩибниги зарал гьабуге,Зулмуялъ дур г1умруялъулГ1орхъаби рук1к1инарулеб.Воре,дуца цого к1алдибК1иг1аркьелаб мац1 хьихьуге;Мац1алда ракьа гьеч1иланБокьанщинабги бицунге. 6.Тестаздасан х1алт1и.1.Бит1араб дополнение ккола:а)Жинца ишги бихьизабулеб жиндир х1акъалъулъ биценги гьабулеб предложениялъул бет1ераб член.б)Сказуемоялъ бицунеб иш т1аде кколеб предложениялъул бет1ераб член.в)Подлежащеялъ гьабулеб иш бицунеб предложениялъул бет1ераб член.2.Бит1араб дополнение суалазе жаваблъун бач1уна:а)Щиб?Щив?Щий?Щал?б)Лъица?Сунца?в)Лъил?Сундул?3.Бит1араб дополнение бук1уна кидагоа)Актив падежалдаб)Хаслъул падежалдав)Аслияб падежалда4.Гьаб предложениялда жаниб бит1араб дополнение кинаб раг1иа)Дуцаб)К1удиязулв)Х1урмат 7.Гьал суратазухъ балагьун,щибалъе суал лъе,предложение г1уц1е. 8.Схемаялда рекъон предложениял ургъе,ва хъвай. 9.Х1ай «Бет1ерал членал»Ц1алдохъаби рикьила 3 къокъаялде.Кьурал предложенияздаса,цо къокъаялъ подлежащее,цояз сказуемое,цогияз бит1араб дополнение гьоркьоса бищун хъвазе ккола хехаб заманалда.1.Гвангваялъ рач1 хьваг1езабуна.2.Х1асанида гьой батана азбаралда.3.Цараца макру ургъана.4.Рекъав Тимурица чапар жиндихъего ах1ана.5.Ханас Шахламаз нахъе йит1ана.6.Инсуца Камилие велосипед босана. 5.Дарсил х1асил.5.Дарсил х1асил.Суалал:1.Лъимал,бич1ч1анищ жакъасеб тема?2.Авар мац1алда чан бет1ераб член бугеб?3.Подлежащее щиб кколеб?4.Сказуемое щиб кколеб? Мисалал рачине.5.Бит1араб дополнениялъул х1акъалъулъ щиб нужеда лъараб? 6.Рокъобе х1алт1и.Х1алт1и№115,гьум.42.Предложениял хъвай, бет1ерал членал рате.