План-конспект урока по родному языку (аварский язык) Обособленное определение.
8 классалда авар мац1алъул дарс.
Тема: Бат1алъизабураб определение.
Дарсил мурад: бат1алъизабураб определениялъе баян кьей, цебе малъараб такрар гьаби,
авар каламалде рокьи базаби.
Дарсил алатал: компьютер, интерактивияб доска, суратал, т1ахьал.
Дарсил ин: 1. Рокъобе кьураб т1адкъай ц1ехезе.
- Щал кколел У ва Гуро раг1аби?
- Раг1аби- предложениязул кина – кинал тайпаби жеги нужеда лъалел?
- Кинал лъалхъул ишараби лъолел раг1аби- предложениязулъ?
Рокъобе кьураб х1алт1иялъухъ хал гьаби (Раг1аби - предложениялгун диалог ургъун хъвазе).
Цо-к1иго ц1алдохъанас ц1ализе.
2. Цебе малъараб материал такрар гьаби.
- Мац1алъул кинал разделал нужеда лъалел?(фонетика, морфология, синтаксис, пунктуация).
- Кинаб разделалъул 8 классалда нилъеца бицунеб бугеб? (Синтаксис ва пунктуация).
- Грамматика сунда абулеб?
-Синтаксис щиб кколеб?
-Г1уц1иялде балагьун, кинал тайпаби ругел г1адатал предложениязул? (т1ирит1арал, т1ирит1ич1ел, т1убарал, т1убач1ел, подлежащее баянлъич1еб,подлежащее гьеч1еб, бит1араб дополнение гьеч1еб, ц1арлъовул.)
-Бицунеб жоялъул мурадалде балагьун кинал рук1унел г1адатал предложениял? (хабариял, т1алабиял,суалиял,ах1ул.)
3. Интерактивияб доскаялда г1адатал предложениязул тайпаби.
А) Сон школалъул ахикь куракул гъут1би ч1ана.
- Кинаб предложение кколеб? (подлежащее баянлъич1еб)
Б) Рии бакьулъги Шишилик1- маг1арда ц1орон бук1уна. (подлежащее гьеч1еб)
В) Х1алиматида Салих1атида зинк1к1ана. (бит1араб дополнение гьеч1еб)
Г) Г1агараб дир росу! Церехун пихъил ахал, нахъехун г1урччинал муг1рул. (ц1арлъовул)
Ц1алдохъабаз баян кьела кинал гьел предложениял кколелали.
4. Интерактивияб доскаялда.
А) Асиятицаги, Г1умарицаги, Суайбатицаги сон авар адабияталъул дарсида куч1дул рицана.
Б) Дагъистаналъул киналго шагьаразда: Гъизляралда, Хасавюрталда, Гъизилюрталда, Мах1ачхъалаялда т1орит1изе руго Бергьенлъиялъ 70 сон т1убаялъул байрамал.
- Т1оцебесеб предложение ц1ализе, кинаб гьебали ц1алдохъанас баян кьезе. (г1адатаб, тайпа цоял членалгун, -ги союзгун х1алт1изабураб)
- К1иабилеб предложение ц1алила ц1алдохъанас, баян кьела.(г1адатаб, тайпа цоял членалгун г1амлъул раг1и бугеб)
-Г1амлъул раг1и г1урус мац1алда кин бук1унеб? (обобщающее слово)
-Кинаб байрамалъул предложениялъулъ бицунеб бугеб?
- Нилъер школа х1адурлъулеб бугищ байрамалде? (лъималазул жавабал)
5. Интерактивияб доскаялдаса предложение ц1алила ц1алдохъанас.
а) Цо талих1алъ, дун дарсиде кват1ич1о.
-Кинаб предложение гьеб кколеб? (гьоркьор кколел раг1абигун бугеб)
- Г1урус мац1алде буссинабе гьеб предложение.
К счастью, я не опоздал на урок. (предложение с вводными словами)
6. Предложение ц1ализе, членазде биххизе.
Г1анк1ил бот1рода т1ад бук1ана ц1орораб х1ухьел.
Предложениялъул аслу ккола бук1ана х1ухьел, бот1рода т1ад- бак1лъун бугеб х1ал, ц1орораб- рекъон ккараб определение, г1анк1ил - рекъон ккеч1еб определение.
7. Ц1ияб тема баян гьаби.
а) Тетрадазда къо-моц1 ва тема хъвазе.
Теорияб баян кьезе рат1алъизарурал членазе. Г1урус мац1алда гьел ккола обособленные члены.
Доскаялда предложениял.
Маг1арда нижеда батана цо нохъо, бец1аб ва къваридаб. Ц1алдохъабазул кумекалдалъун предложение членазде биххизе.
Предложениялъул аслу: Нижеда батана цо нохъо.
Маг1арда- бак1лъун бугеб х1ал. Бец1аб ва къваридаб- определение бат1алъизабураб .
- Кинаб определениелъун? (рекъонккарал)
- Определениелъун кинал каламалъул бут1аби ккун рук1ине бегьулел?(прилагательноял, причастиял, предметияб ц1ар, ц1арубак1.)
Г1усманил ц1ияб ручка буго, сон тукадаса босараб.
Ц1алдохъабазул кумекалдалъун предложение членазде биххила.
Предложениялъул аслу - ручка буго.
Г1усманил- рекъонккеч1еб определение.
Ц1ияб- рекъонккараб определение.
Сон тукадаса босараб- бат1алъизабураб определение. (причастияб сверел щиб кколебали рак1алде щвезабила)
Ц1алдохъабазул к1вар буссинабила запятаязде, жиндие сипат-сурат гьабулеб раг1уде, причастияб сверел кида бат1а гьабулеб запятая лъун.
Правило ц1ализе т1ахьаздаса.
Т1ехьгун х1алт1и.
Х1алт1и № 148 (2 предложение) рат1алъизарурал определениял ратизе, кколелъур лъалхъул ишараби лъезе, тетрадазда хъвазе.
Х1алт1и № 149. Ц1алдохъабаз т1адкъай ц1ализе, рат1алъизарич1ел определениял рат1алъизарураллъун лъугьинаризе. (2 предложение тетрадазда хъвазе)
Х1алт1и № 150. Причастиял сверелал рат1алъизарурал определенияллъун ккезарун, предложениял г1уц1изе(2 предложение хъвазе)
Рек1елгъеялъул грамматика. Интерактивияб доскаялда лъабго раг1и.
А)Адаб – базар, б) бет1ер – росу,в) кумек - кари
Кьераз жиб-жиб раг1ул ахирисеб х1арп авалалда лъун, предметиял ц1арал ургъизе.
Цо глаголалдасан цойги глагол лъугьинабизе х1арпал хисун:
Абизе- баизе,багьизе - гьабизе
Рекьизе - кьеризек1усизе – сук1изе
8. Интерактивияб доскаялда предложение.
Х1алихьат нахъег1ан те, чохьой г1оло х1алт1улев.
Цо параялъ ц1алун, хадуб бахчараб предложение членазде биххизе, абулеб мурадалде балагьун, кинабали бицине.(т1алабияб предложение, аслу: х1алихьат те. Нахъег1ан – х1ал.
Чохьой г1оло х1алт1улев- бат1алъизабураб определение.
- Гьединав чиясда божизе бегьулищ? Гьудуллъи кквезе бегьулищ гьесулгун? Щай?
9. Дарсил х1асил гьаби.
- Дарсил тема щиб?
- Сунда абулел рат1алъизарурал членалин?
- Кин рат1а гьарулел рекъонккарал определениял?
- Рат1алъизарурал членазда г1урус мац1алъ щиб абулеб?
10. Дарсида жавабал кьуразе къиматал лъела.
11. Рокъоб х1алт1и: параграф 37, х1алт1и № 150 лъуг1изег1ан хъвазе.
Дарсил ахиралда кеч1 ах1изе.
Жегиги гьит1инго эбелалъ дие,
Ах1арал куч1дузул канлъи ва хинлъи.
Хут1ана дилъ бессун, бакъул нур г1адин,
Бокьула раг1изе маг1арул калам.
Мун бук1инч1ебани, ч1ваби т1у-т1ураб
Т1армида релълъине бук1ана г1умру.
Г1агараб авар мац1- дир бакараб ц1ва,
Бокьула раг1изе маг1арул калам.
7 абилеб классалда авар адабияталъул дарс.
Тема: Асадулагь Мух1амаев къиса «Маг1арулай» «Ах1мад т1ад вуссараб сордо» - к1иабилеб бут1а.
Мурад: асар пасих1го ц1али, асаралъул тема ва идея рагьи, г1адатаб анализ гьабизе ругьун гьари, калам цебет1езаби, Ват1аналде рокьи базаби.
Дарсил алатал: т1ахьал, компьютер, слайдал, суратал.
Дарсил ин: 1. Рокъобе кьун бук1араб т1адкъай ц1ехезе:
- Щиб рокъобе кьун бук1араб? (А.Мах1амаевасул «Маг1арулай») къисаялдаса «Ах1мад т1ад вуссараб сордо» - 1 бет1ер).
-Авторасул х1акъалъулъ щиб ц1алараб? (къокъго бицине гьесул х1акъалъулъ).
-Къисаялъул кинаб бут1аялдаса нилъеца байбихьараб ц1ализе?
- Лъил х1акъалъулъ гьениб бицунеб бугеб?
- Щай руччаби х1инкъи бугеб Маккикъоринире арал?
- Кинай ч1ужуг1аданлъун Х1афизат йихьулей нужеда?
2. «Ах1мад т1ад вуссараб сордо» - т1оцебесеб бет1ералъул х1асил бицина 2-3 ц1алдохъанас.
3. Рокъоб ц1алараб бут1аялдасан суалал:
- Кинаб х1ал бук1араб к1иявго васасул хабар къот1иялъ Г1ашуралги Г1исалги?
- Щай гьит1инав васасда Ах1мадилан ц1ар лъун бук1араб?
- Рагъда лъукъ-лъукъарав Ах1мадил сипат - сурат кин бихьизабун бугеб?
- Мах1ачин щай Ах1мадица васасда ц1ар тараб? Щиб лъалеб нужеда Мах1ачил х1акъалъулъ?
- Асаралъулъ х1алт1изарурал кицаби рате ва ц1але.
(Гьобол вокьуларесул йокьулей хваги. Гьобол вач1унареб къо бач1унгеги. Кибехун гъугъаниги, Гъуниб маг1арде. К1к1алахъе гурони, гьорчо гируларо.)
Интерактивияб доскаялда эпиграф.
Ниж цого Ват1аналъ г1езе гьарурал
Гучаб Россиялъул солдатал руго!
Гьезул пикру гьабе, гьел к1очон тоге!
Гьадинго абулел раг1аби гуро!
Гьел абула хвалда цере солдатаз
Ва такрар гьарула ч1аго ругеца!
Р. Х1амзатов.
«Ах1мад т1ад вуссараб сордо» - к1иабилеб бут1а.
Словарияб х1алт1и.
Совещание - данделъи
Жиг1изе – цаби цере рехизе
Квач1 - квенч1ел
Малг1ун - мунапикъ, наг1ана батад (тетрадазда хъвазе)
К1иабилеб бет1ералъул абзац дицаго ц1алила.
Т1ехьгун х1алт1и.
2 – 3 ц1алдохъанас, абзацал ккун, ц1алила.(…Цо заманалдаса лъавуде вач1ун балагьидал…)
Нилъеца ц1алана кинабго бет1ер.
- Кинаб тема бугеб гьаб асаралъул? (Ват1анияб рагъул тема)
- Ват1анияб рагъул х1акъалъулъ щиб лъалеб нужеда? (1941 соналъ байбихьана фашизмаялде данде рагъ. Ват1ан ц1унизе бахъана кинабго халкъ. Рагъ лъуг1ана 1945 соналъ).
- Кинаб байрам исана нилъеца к1одо гьабизе бугеб?
- Рейхстагалда т1ад байрахъ борхарав дагъистаниясул ц1ар щиб? (Г1абдулх1аким Исмаг1илов).
- Ват1анияб рагъул х1акъалъулъ кинал асарал нилъеца ц1аларал? («Россиялъул солдатал»)
- Кинал бах1арзазул ц1арал нужеда лъалел? ( М. Х1ажиев, Ю. Акаев, С. Мусаев, Къ. Абакаров, М-З. Г1абдулманапов).
(Интерактивияб доскаялда рихьизаризе слайдал Рейхстагалъул, Освенцим лагералъул, рагъул суратазул, концлагералдаса эркен гьарурал г1адамазул. Г1исинккун бачунеб «Къункъраби» коч1ол бакъан).
- Гьудуллъиялъул к1вар кинаб бук1араб рагъда?
- Щиб жиндирго гьалмагъ Сурхайил х1акъалъулъ Ах1мадица абулеб бугеб? Рате гьел раг1аби.
- Унгоги, халкъазда гьоркьоб бугеб гьудуллъиялъ кумек гьабуна фашизмаялда т1ад бергьенлъи босизе.
Интерактивияб доскаялда гьудуллъиялъул х1акъалъулъ кицаби:
Гьудуллъи – рух1ияб хазина.
Лъик1ав гьудулас вацасул бак1 ккола.
- Р.Х1амзатовасул кинаб кеч1 т1олгодунялалдаго лъалеб?
- Гьеб асаралъулъ поэтасул аслияб пикру щиб кколеб? (Рагъалъ г1адамасул талих1 къинабула, балагь бач1инабула, г1умру ч1вала, гьединлъидал рекъел ц1унизе ккола ракьалда т1ад, гьудуллъи щула гьабизе ккола .)
Художествиял асаразул кинал тайпаби ругел? (эпос, лирика, драма)
- Гьезул киналде гъорлъе унеб нилъеца ц1алараб асар? (эпосалде)
- Сундаса данде гьабун бук1унеб художествияб асар? (тема, идея, сюжет, композиция)
- Композиция щиб кколеб?
- Сюжет сунда абулеб?
- Нилъеца ц1алараб асаралъул экспозиция бате. (къокъаб баян къисаялъул байбихьуда)
- Асаралъул завязка бате (Ахикь руччабазул гара- ч1вари)
- Кульминацияб х1алуцин щиб бак1алда бугеб? (Ах1мадица живго вук1ин рагьараб бак1)
- Развязка кисан байбихьулеб? (киналго г1адамал дандеруссараб, Ах1мадил хабар лъуг1араб бак1)
3. Дарсил х1асил гьаби.
- Жакъа къоялда ругищ рагъ бугел бак1ал? (Украина, Сирия)
- Украиналда бугеб рагъул х1акъалъулъ щиб нужеда лъалеб? (Гьанжеги ракк- раккулел руго фашизмаялъул г1анграл)
- Нилъеца классный часалда бицун бук1ана гьеб рагъул.
Фатимае бокьун буго кеч1 ц1ализе киналго халкъазде ах1и, гьари балеб.
Гьари, ах1дей, маг1у гьадингояб жо:
Бач1ана замана, щвана жанавар
Угьдулеб Одесса, зодихъ ц1адул мац1,
Рух1ун жаназаби, ч1ег1ерк1к1уй бетун.
Ах1дола малаик, борхун гьаракьгун:
Ле, г1адамал, тархъе! Ч1а нуж, г1адамал!
Зодихъе араб ц1а, бух1ун сверухълъи,
Донецк, Краматорск,Славянск, Мариуполь,
К1очонге гьал къоял, хваразул ц1арал…
Щибго г1айиб гьеч1ел къурбаназул би!
Кин г1умру гьабилеб, сверухъ кибго- рагъ?
Интерактивияб доскаялдаса ц1алила эпиграф.
Нилъер дарсил эпиграфлъун росарал Р.Х1амзатовасул коч1ол мухъаз бич1ч1изабула нилъ цо Ват1аналъул лъимал рук1ин ва х1адур рук1ин Ват1аналъе г1оло рух1 кьезе. Нилъеда кидаго рак1алдаса инаро рагъда камурал бах1арзал.
Жавабал кьуразе къиматал лъела
4.Рокъоб ц1ализе к1иабилеб бут1а «Ах1мад т1ад вуссараб сордо» , суалазе жавабал кьезе, х1асил бицине.