Внеклассное мероприятие по КТНД Старинные свадебные обычаи и обряды народов Дагестана.


Старинные свадебные обряды и обычаи народов Дагестана.
(Внеклассное мероприятие по КТНД на аварском языке)
Маг!арул бертабазул г!адатазул вечер.
Цебераг!и.
Хириял лъимал, жакъа рохалилаб данделъиялда нилъеда рихьила умумузул бертабазул г!адатал, г!ат!ид гьабила маг!арул г!адабияталъул, маданияталъул нилъерго лъай. Вечер х!адур гьабуна «КТНД» абурал дарсазда 8, 9, 10, 11кл. лъималаз. Байбихьизин вечер.
Векерун вач!уна цо вас.
- Хадижат - ада, рохел бицани, щиб кьелеб. Нужер Шамиль вуго армиялдаса вач!инев.
Хадижат: -Вай дуй сахлъи кьеяв, мун вохун таяв, рохалил хабар бицунев хут!аги. Ма, дир вас, дуе рохел бициналъухъ гьит!инаб сайгъат.
(Кьола конфетал, г!арац. вас вач!унев,г!олохъабаз, к!удияз вуссине гьавулев, ихтилат- кеп, гор гьабун сверун кьурди) .
Ведущий:-Гьале вас вуссана инсул рокъове,
Гьев ворхалъун вуго, хисунги вуго,
Бахъулеб галицин бихьинаб буго.
Заман щун буго чужу ячине.
Гьале умумузул цо бицен, хабар.
1 картина.
Эбел: -Шамиль, дир вас, дун херлъунги йиго, тохлъунги йиго.
Дуда ращадазул руччаби руго, рекерахъдулел лъималцин руго.
Заман щвана дуе ургъел гьабизе, гьайбатай яс ячун рокъой вуссине.
Вас: -Эбел, дуца абураб жо бит!араб буго. Берцин рихьарал ясалцин руго. Нилъерго мадугьал Г!умарил Написат бегьуларей яс гьеч!илан ккола.
Эбел: -Вай дир вас, гьейги квешай яс гьеч!о, амма кванилъ гьелъул рац!ц!алъи гьеч!о. Рач!а цо гьабизе гьит!инаб сих!ру. Мун унтунилан ч!ч!а, вега бусада. Дица къват!иб, росулъ хабар биччала: ц!акъ зах!матго вугин, сахлъулев гьеч!ин. Сахлъизе кканани дару – дарманлъун т!инч!ай г!олилалъул гурга бук!инин.
Иццда 1 мадугьал, 2 ясги .Мадугьал: Васасул щиб х!ал бугеб,Хадижат? Мадарго лъугьунеб гьеч!ищ, сахлъулев гьеч!ищ?
Эбел: -- Салам, хириял, киназего! Валлагь , расги лъик!аб х!ал гьеч!о. Амма, малъана цо ц!ияб дару- дарулъун бук!инеб бугила гьит!инаб гурга раса хъваг!ан т!инч!ай ясалъ гьабураб.
(Ясал хехго рокъоре уна).
Эбел: --Гьанже балагьилин щиб кколебали.
( Нуц!ида к!ут!ула , яч!уна Написат)
Написат:-- Дарулъун батаги гьабураб гурга!
( нечон хехго нахъе уна, эбел ялагьун хут!ула, кодоб гургагун г!одой ч!ола).
Эбел:--Нилъерго мадугьал – Г!умарил Пат!имат щайдай яч!уней гьеч!ей? Цо яккизе инин. Дида лъик! лъала мун гьелъиеги берцин вихьулев вугевлъи.
(Уна, яч!уна ясалъул кверги ккун)
Эбел:--Дир вас, валагье цо гьай гьайбаталъухъ. Г!одулей ятана рокъоб , г!одоги ч!ун, жиндир расаялъуб дару гьабизе щибго жо батич!ин пашманго йиго. Баче ,г!олохъаби, къалигун зурма, берцинал ясазул рац!алъиялъе!
Бачунев:--Яс гьаризе иналъулги рук!ана бат!и- бат!иял г!адатал. Гьабсаг!ат нужода бихьизе буго Мокъокъ абулеб росулъ яс гьарулеб бук!араб г!адат.
2 картина -(мадугьалзабазул рукъ).
Гьобол:-- Ле, г!адамал чаг!и, рокъор ругищ? Гьобол йокьиларищ? Хадижат:--Вай, дир хирияй, Пат!и, гьобол вокьуларев чи Аллагьасул тушман вуго. Лъик! Щварай! Жание лъугьа. Г!одой ч!а. Щиб х!ал нужор бугеб? Рокъор ругезул щиб х!ал бугеб? Сахлъи кин бугеб? Росулъ хабар щиб бугеб?
Гьобол:--Валлагь, Хадижат, Аллагьас ц!акъ лъик! хьихьун руго. Киназулго урхъараб салам буго нужеде.
(Яч!уна Аминат кодоб сумкагун-таргьагун)
Аминат:-- Мадугьал, рокъой йигищ? Бегьилищ яч!ине? Салам х!урматиял!
Хадижат:-- Валагь бегьилаха, мадугьалалъе нуц!а дир кидаго рагьараб буго. Нижехъе умумузулго йик!арай гьоболги яч!ун йиго. Г!андиса Г!ашурал Пат!и лъаларищ дуда?
Аминат: -- Щай лъаларей? Лъик! щварай, Пат!и! Щиб х!ал нужер бугеб?
Гьобол:-- Лъик! руго , гьудул Аминат,нужорго щиб х!ал бугеб? Сахлъи кин бугеб?
Аминат:--Аллагьасе рец!, гьадин тани тахидаян абула умумуца. Г!андадерил муг!рузда гьава-бакъ кин бугеб?
Гьобол:-- Квеш гьеч!о, хинлъун дунялги буго, къот!улеб боц!иги буго.
Аминат:--Гьа, дун жакъа ц!акъ г!едег!ун йиго, мадугьал. Сахлъи нужое, х!урматиял! (Нахъе уна сумкаги тун).
Гьобол: Хадижат, Аминатида гьаб сумка к!очон тана, ах!изе ккела гьелда.
Хадижат (балагьун сумкаялъегун)—Ах!уге, Пат!и, гьаниб жаниб чед буго.
Гьобол:--Гьелъул маг!на щиб бугеб?
Хадижат: -- Нижер г!адатазда рекъон, гьей яч!арай йиго жиндирго васасе нижер яс Асият гьаризе.
(Вач!уна эмен) Эмен: --Вах! ,Пат!и , лъик! щварай, х!урматияй. Щиб х!ал нужер бугеб? К!удиязул сахлъи кин бугеб?
Гьобол:-- Лъик! руго, гьудул Г!али. Киназулго нужеде урхъараб салам буго.
. Хадижат:--Г!али, жакъа Аминат яч!ун йик!ана чедги босун. Жаваб щиб кьелеб? Ургъулел ругилан, бекун бич!ч!алищ? Г!едег!ун щиб гьабилеб, ясги гьит!инай йиго.
Г!али: --Хадижат, метерго бежун нилъерго чед лъе сумкаялъуб. Аминат лъик!ай г!адан йиго. Тухум-кьибилги гьезул росулъго бечедаб, г!аданлъи бугеб буго. Умумузул аби буго, барщидал пихъ бет!изеги, г!едал яс росасе кьезеги кват!изе бегьуларилан. Чед хисун лъе!
Гьобол:-- Кват!ич!ого дун берталъе яч!ине ккелилан ккола дида. Бачея цо !:-- Умумузул заманалъги ясалъул рес бук!ана рек!ее бокьухъе жаваб кьезе гьаризе рач!аразе. Балагье цо Г!ахьвахъ бук!араб г!адат.
Эбел:-- Пат!имат, дир хирияй яс. Жакъа нилъехъе рач!ине руго мун берцин рихьун ругел росдал васал. Мун лъик! ургъе, дир дарман. Гьезда гьоркьоса дуца цояв вищизе ккола. Рак!алъ щив вищулевали балагье.
Г!олохъаби:-- Рокъор г!адамал ругищ? Бегьулищ рач!ине? Г!олохъаби: (цояв велъулев кидаго, цояв пашманав, цояв кьурдухъан, цояв ч!ух!дарулев, цояс бицуна анекдот).
Эбел:- Валлагь бегьилаха. Лъугьа жанире. Лъик щварал хириял гьалбал, г!одор ч!а. (эбелалъ т!ола, ясаль цебе лъола гьезие сок)
1 Г!олохъанчи: - Аминат ада, цо кепаб хабар раг!анищ? Вач!ун вугила г!андисев рок!ой. Хун ятун йигили ч!ужу. Гьале дие бокьулареб жойян абун бугила г!андисес.( живго квеш велъула)
2 Г!олохъанчи: - ч!ух!дарулев вук!уна.
3 Г!олохъанчи: - бигъун гьумергун.
4 Г!олохъанчи: - велъанхъилев, гьимулев.
5 Г!олохъанчи - (къурдухъан) Аминат ада, дида к!удияз бицунеб раг!ана мун лъик!ай кьурдухъан йик!анилан. Рач!а цо г!олохъанлъи рак!алда щвезе цо – к!иго свери бахъизе. Бачея ,гьудулзаби.
( Лъик! кьурдула, киналго г!олохъаби т!аде рахъуна)
- Рач!инеги лъа, инеги лъа. Баркала гьаб рукъалье, гьабураб адабалъе.
(шапкабиги тун нахъе уна)
Ясалъ цояб тун, цогидал нахъе рехула. Т!агъур тарав нахъ вуссун, цадахъ къурдула.
: - Гьанже нужода бихьизе буго умумузул заманалъ бах!аралда хадур унел рук!арал куц нилъер росулъ - Миг!арсо.
(картина 4)
3 бихьинчиги, т!илида къазе гьабун чедги гьанги, ясазда кодор типси т!ад чед гьуинлъигун, гъежалде реххун бах!аралъе сайгъатал: шалал ,гормендаби, гурдал …(ах!улаго кеч!гун,кьурдулаго унел)
: -Бах!аралъул рокъой рак! гъезе бат!и –бат!иял г!адатал гьарулаан ясаз. Балагье цо Хунзахъ районалда бугеб г!адат.
(картина 5)
1 гьобол: -Ассаламу г!алайкум росдал жамаг!ат, кьварарал васалгун гьайбатал ясал, бах!аралъул г!агарлъи!
Хозяева: - Салам т!аде щварал гьалбадерие. Кинаб хъулухъаль нуж нижехъе щварал?
2 гьобол: - Нижер вуго цо вас, гьайбатав инсан, чорхолъ х!инкъи гьеч!ев, г!амал берцинав. Гьесий гьалмагъ йиго гьанже къвариг!ун, ихдалил х!инч! г!адай, г!аданлъи бугей.
Хозяева: - Бах!арални нижер г!емерал руго, ралагьизе ккела – кий уней йигей. Нижее рокьула рак!ал г!ат!идал, коч!ой гьунар бугел, кьурдул мастерал.
3 гьобол: - Коч!охъабиги – нижер. Кьурдухъабиги – нижер. Бачея цо Мах!амад, тфу,тфу, машаалагь…
4 гьобол: -Ниж г!едег!ун руго бах!арасухъе, бегьулеб батани яче яс цее.
Ясал: Гьале нижер бах!арал, киналго г!урал ясал. Нужорайго ятани – яче бах!арай нахъе.
5 гьобол: - Гьале нижер бах!арай, гьабизе буго дарам.
Ясал: - Учузго кьоларо нижер бах!арай. Багьа буго нижер анц!го миллион.
5 гьобол: - Анцго миллион бук!арабани, дица ч!ч!ужуцин ячине йик!инч!о.
Гьале нижер бах!арай, гьале гьай йиго, босе г!арац, гьабуна дарам. Ячея цее нижер бах!арай.
(ятула херай, гьит!инай яс, вас – Вай, сурана!)
1 гьобол: - Гьале гьай йиго нижер бах!арай.
Ясал- Нижерги гьебго багьа 10 миллион буго.
(ватула вас)
Бачея цо! (вас кьурдула).
Ведущий: - Гьале нилъер бах!арай къват!ий йахъана.
(картина 6)
Ведущий: - Цебе нилъер росулъ гьей чода ячунаан. Гьабсаг!ат нужода бихьизе лаказ бах!арай ячуне йик!араб куц, даргиназ бах!аралъе нух кколеб бук!араб куц.
- лаказ кодоб лампа, парччи, ханжу тирщула бах!аралде
- даргиназ: ц!аги бакун, «бах!арай хинлъизе гьабеян, ах!ула. Миг!асдерица:
- Ц!улалъ нухги ккун, абула: « Нижей бах!аралъул сайгъатгун салам кье»
Ведущий: Гьале нилъер бах!арай щвана рокъое.Гьелда данде яч!ун якьадалъ адаб гьабула, гьоц!о к!алдиб лъола бах!аралдаги ,гьалмагъзабаздаги)
Якьадалъ абула гьадинал раг!аби: «- Гьоцог!ан гьуинаб г!умруги бук!аги, рукъ цун лъималги рижаги, баракатаб гъамасалъул к!ул г!адинай ятаги, г!аданлъиялъ рукъ ц!урай ятаги, рац!алъиялъ нур барай ятаги, дие яслъун лъугьаги, росасе гьудуллъун лъугьаги, рукъалъул къварилъи къедазда бицуней ятаги, къват!иб бугеб хабаралъе нуц!а рахалей ятаги.
Киназго: -Амин! Амин! Амин!
(картина 7)
Ведущий: -Гьале умумузул бертадул цоги бук!араб г!адат. «Ц!араг!и бахъи» - гьеб г!адат бук!ана нилъер росулъ. Бах!арасул г!агарлъиялъул руччабаз кьолаан бах!аралъе сайгъатал, баркиялъул раг!аби абулаго: Ясал, ц!араг!и бахъулеб буго, рилъа лъица щиб кьолебали балагьизе!
1 сайгъат –бак! «Дун гьав бах!арасул ункъг!ал йиго, дица сайгъат гьабулеб буго гьаб бак! Бак!ида г!одор ч!езе 7 васги 7 ясги гьаризе хъван батаги.»
2 сайгъат –шал «Дица сайгъат гьабулеб буго шал. Гьалъул симис рик!ун нуж бечелъаги.
3. сайгъат- хьаг « Дица сайгъат гьабулеб буго хьаг. Гьаниб бугеб пиринч! рик!к!ун рохел ва талих! нужое».
4. сайгъат- ххам « Дица сайгъат гьабулеб буго гьаб ххам. Гьалъул квар рик!к!ун сахлъи нужое.»
Ведущий: -Гьанже ирга щвана рек!ел гъеялъе, ихтилит кепалъе, ва къурдиялъе. Риччанте раг!изе рохалил куч!дул, роржине х!анч!илъун гьайбатал ясал.
Рахъунел руго бах!аравги бах!арайги. Хъат! (къурди, куч!дул, ихтилат, )
Ведущий: Гьале нилъер вечер лъуг!улеб буго. Нужеца жакъа лъай – хъвай гьабуна нилъер умумузул рук1арал рак! гъурал, маг!на жиндилъ ругел, ихтилат –кеп ц!ик!к!арал бертабазул г!адатал. Ват!ан бокьулезе лъазе ккола жидерго маданият- культура, лъазе ва ц!унизе ккола г!агараб ракьалъул мац!ги, ях!ги намусги. Вассалам вакалам! Гъорлъ г!ахьаллъула:
Хадижат- ада-г!адатияй маг!арулай.
Шамиль – гьелъул армиялдаса вач!арав вас.
Гьит1инав вас – роххел бицун вач!унев.
Г!олохъаби- 5 вас Г!ахьвахъ яс гьаризе рач!унел.
Мадугьал Аминат – чедгун яс гьаризе яч!уней.
Г!олохъанал ясал - Написат, Патимат.
Гьобол – Г!андиса Г!ашурал Пат!и.
Аминат.
Эмен Г!али.
10. Бачунев (й)
11. Херай г!адан.
12. Гьит!инай яс.